Аслияб гьумералде

Кин хIадурлъилел?

Кин хIадурлъилел?

Гьале исанаги тIаде щолеб буго хирияб Рамазан моцI. Гьеб буго кутакалда нилъ рохизе ккараб Аллагьасул нигIмат. Гьелъулъ БетIергьанас нилъее гIамал гьабизе батIи-батIиял нигIматал кьунги руго, гьезул цоялдаса буго шайтIан-иблис Гьес рахсазда рай, гьединго алжаналъул каваби рагьи, жужахIалъул рахай. Гьеб буго умматалъул моцI, жиндилъ гьабураб гIамалги БетIергьанас чанго нухалъ цIикIкIун хъвалеб.

 

Кин бугониги, нилъ руго загIипал чагIи, гьабулеб гIамал тола нахъбахъун яги тIаса-масаго гьабула. Гьелъул хIасилалда цо-цояб хадуб бехъерхъунги хутIула.

Рамазан моцI буго къад кIал кквей, бажарарас бажарараб садакъа-хайрат гьаби, Къуръан цIали, цере гьарулел рукIарал лъикIал гурел гIамалал тей гIадаб ишал гьарулеб гIибадаталъул моцI. Гьединлъидал рекъарабги буго дагь-дагьккун гьел гIамалал гьарун цебеккунго хIадурлъи гьабизе.

ТIоцебесеб иргаялда, церехун гьарун арал мунагьаздаса ракI бухIун, чияр хIукъукъал ратани бетIергьабазухъа хIалаллъи босун, бецIизе кколеб бецIун, ракI-ракIалъулаб тавбу гьабила. Тавбу гьабун рецIизе хIукъукъал хутIичIеб мехалъ черхалъе тIадагьлъиги бачIуна. Гьеб буго щибаб хIалалда инсанас цIунизе кколеб гIамалги.

Цересел соназ кквечIого хутIарал паризаял кIалал ругищали халгьабун, гьел рецIила. Муд бахъизе батани, гьебги тIубазабила.

Рамазан моцIалъул тIадал суннатал ва адабал ракIалде щвезарун, гIелмуги цIи гьабила. Щайин абуни, сунца кIал бихизабулеб, мукъсан гьабулеб, яги кири цIикIинабулебин абун лъазабуни, кIал кквезе ва гьеб цIунизе бигьалъула.

Къад заманалда кIал кквеялдаса машгъул гьарулел хIалтIаби ратани, гьел цереккунго лъугIизарила яги кколеб кIалалъе захIмалъи букIунареб хIалалде бачина.

Паризаял каказда цере-хадур ралел суннатал каказде кIвар кьела.

Къуръан цIали гьоркьоб хутIун батани, гьебги байбихьила.

КватIун кьижулеб гIамал батани, радакь вахъине бигьалъизелъун, хехго кьижиялде ругьун гьабила черх. Социалиял гьиназдегун телефоназде машгъуллъулеб гIамал батани, гьелда тIад хвезабулеб заманалъулги тадбир гьабила.

РецIизе кIалал ратичIони, гьоркьо-гьоркьор суннатал кIалал ккун, ракъиялдеги ругьун гьабила черх.

Цере арал чIахIиял чагIазул букIараб гIадат буго БетIергьанасда ﷻ жал рамазаналде щвезегIан чIаго теян гьарулеб. Гьединлъидал, дугIаялъулъ гьеб моцI тIаде щвезегIан сах-саламатго хутIагиянги гьарила.

Гьабулеб киналъулъго Аллагьасе ﷻ гIоло абун ният гьабе, Гьес ﷻ бигьалъи гьабула.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...