Аслияб гьумералде

Байрахъ Аллагьас ﷻ кьола

Байрахъ Аллагьас ﷻ кьола

Байрахъ Аллагьас ﷻ кьола

Исламалъул тарихалда руго мисалал, жагьиллъиялда тIад гуреб, рекIел хIалалда тIад ургъизе тIамулел. БукIуна инсанасда хIакъикъат лъалеб, гIакълуялъул рахъалъ бичIчIулеб, амма чIухIиялъ, жахIдаялъ яги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIукмуялде жанисеб дандечIеялъ гьеб къабул гьабулареб. Гьединал мисалазул цояб ккола Умаятил къисаги. Гьелъ нилъеда ракIалде щвезабулеб буго, цохIо лъаялъ хвасар гьавулареблъи, Аллагьасе мутIигIлъи гьечIони.

 

 

Умаят вукIана ТIаифалда гIумру гьабулев чи. Гьев вукIана лъай бугев ва жиндирго гIумру гьес кьуна динал лъазариялъе. Гьес мухIкан гьабуна насраниязул дин, цIалана жугьутI дин ва гьесда лъалаан ахирисев авараг вахъине вукIинги. Гьесда гьеб кинабго лъалаан тIахьаздасан.

Умаятида жиндирго халкъалъухъ балагьун бихьулаан жагьиллъи, мажусилъи, гIасилъи. Гьев живгоги гьеб халкъалдаса вукIана ва гьесда лъалаан ахирисев авараг гIарабаздаса вукIине вукIин. Гъваридго гьесул хьул букIана живго гьев авараглъун вахъиналде. Гьес живго цIикIкIун мустахIикъавлъун рикIкIунаан, щайгурелъул гьев вукIана цIаларав, хъвай-цIали бугев, динияб рахъалъ цеветIурав чи. ХIатта гьес живго хIадур гьавуна гьелъие - жиндирго хьвада-чIвадиялдалъун.

Амма Аллагьасул батIияб хIукму букIана. Авараглъи щвана МухIаммадие ﷺ. Гьеб мехалъ Умаятида гьеб къабул гьабизе кIвечIо. Гьесда кIвечIо Аллагьасул хIукмуялда разилъизе, кIвечIо Аварагасухъе ﷺ вачIине, кIвечIо гьесие байгIатги гьабун ислам босизе. ТIахьазда хъван буго гьеб букIанин жахIдаялъ ва жанисеб камиялъул рекIел хIалалъ - авараглъи гьесие кьун букIинчIолъиялъ. Гьесда хIакъикъат лъалаан, амма къабул гьабизе кIвечIо.

Авараг ﷺ дагIватгун ТIаифалде вачIиндал, шагьаралъул гIадамаз гьев нахъе гъуна. Гьезда гьоркьов вукIана Умаятги. Гьесда лъалаан МухIаммад ﷺ авараг вукIин ва хIакъикъат гьесул рахъалда букIин, амма Умаят гьесда нахъвилълъинчIо. ГIилла - жагьиллъи гуреб, гьесул рекIелъ бугеб жахIда букIана. Гьеб буго бищунго хIинкъи бугеб жо.

Жакъаги руго гIадамал хIакъикъат лъалел, амма гьеб къабул гьабуларел. Щай? Щайгурелъул гьезда жаниб букIуна «дун вукIине кколаан гьев чи» абураб пикру. Гьезда лъала хIакъикъат, гьел мутIигIлъуларо. Гьезие бокьун букIуна хIакъикъаталъул байрахъ жидехъго букIине.

Амма хIакъикъаталъул байрахъ кьолев Аллагь вуго. Гьеб байрахъ кьурасда хадур хьвадизе ккола. Гьелъулъ загьирлъула иманги ва ТIадегIанав Аллагьасул амруялъе мутIигIлъиги. Дин жидедаго рекъезабун гуреб, Аллагьасул амруялъе живго мукIур гьавун.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....