Аслияб гьумералде

Умматалъе рахIмат

Умматалъе рахIмат

ТIадегIанав Аллагьас ﷻМухIаммадияб умматалъе кьуна гIемерал хаслъаби. Гьебги нилъ кутакал чагIи рукIун щвараб гьечIо. Гьеб щвана гIицIго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIму-цIобалдалъун ва аварагасул ﷺ хиралъиялдалъун. Чан азар-азар авараг вукIарав? Щивасул букIана батIи-батIияб макъам ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ аскIоб. Пуланав аварагасул хиралъи цIикIкIиндал, гьединго, гьесул умматги хиралъула. Гьединлъидалин МухIаммад авараг ﷺ бищун хириявлъун вукIиналъ гьесул уммат бищун хирияблъун кколеб.

Цебе букIараб умматалъ кинаб бугониги мунагь гьабидал, гьеб мунагьалъе бихьизабураб гIазаб щвечIого чурулароан. Нажаслъи черхалда тIаде ккани, гьеб бакI къотIун гурони бацIцIалъулароан. Нилъер умматалда жаниб чурун нахъе инабуни, бацIцIалъула. Гьединго МухIаммадияб умматалъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьуна тавбу, заман кьуна гьеб гьабизе, хехго гIазаб-гIакъуба тIаса босана. БетIергьанас ﷻ нилъее рес кьола тавбу гьабизе, мукъулукъалде рухI щвезегIан.

Имам АхIмадица, имам Тирмизияс, ибну Мажагьица, имам ХIакимица ва имам Байгьакъияс Анасидасан, ибну Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Пашманлъи – тавбу ккола», - ян. Гьединго БетIергьанас Къуръаналда абуна: «Аллагьасе ﷻ рокьула тавбу гьабурал гIадамал», - ян. (Сура «Бакъарат», аят 222).

Пашманлъи ккола жинцаго гьабураб жоялдаса пашманлъи, ТIадегIанав Аллагьасул кIодолъи тун, Гьесул амруялда хилиплъун.

Нилъ къватIир чIвазарун яги унтун, гIакъуба щун хадуб пашманлъи тавбулъун рикIкIунаро. Гьеб релълъуна кIанцIизе бакI тIагIиндал гьабулеб бугеб жоялда. Цо-цо мехалъ гьеб пашманлъи мунагьлъун сверизе бегьула. Щайин абуни, гIадамазда гьев вихьулев вукIинчIевани щибниги къварилъи букIинчIо гьесие мунагь гьабизе. Пашманлъи ккола щибниги къварилъи гьечIеб мехалъ гьабураб пиша.

ПиргIавнихъ балагье, тIубараб гIумруялъ жив БетIергьан гIадинги хьвадун, ахиралда гъанкъизе вугевлъи лъайдал, живго хвасарлъизелъун шагьадат битIулев вукIарав. ЖабрагIил малаикас кIалдиб хIарщги речIчIун чIезавуна.

Пашманлъи ккола тавбуялъул бищун кIудияб рукну. Щайгурелъул гьеб ракIалда хурхун букIиналъ.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Мунагь яги жиндие зулму гьабурав чи вугони ва Аллагьасда гьарани тIаса лъугьаян, гьесда БетIергьан гурхIулевлъун ва мунагьал чурулевлъун ватула», - ян (Сура «ан-Нисаъ», аят 110).

Гьединлъидал нилъее рекъола ракI бацIцIад гьабизе мунагьаздаса, щулияб ният гьабизе гьеб мунагьалде вуссунгутIизе, кIвараб куцалъ гIадамазул налъаби рецIизе, кIвараб куцалъ гьоркьор риччарал паризаял жалги тIуразе. Кинабго тIубазе кIвечIони, хутIаралдасан тавбуги гьабила, пашманлъун, ракI бухIун ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарила тIаса лъугьаян ва дугIаги гьабила. Гьеб мехалъ Аллагьасе ﷻ мун вокьула ва гьесул рахIмуги щола.

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...