Аслияб гьумералде

Рогьалил как...

Рогьалил как...

Рогьалил как...

Мажгиталда жамагIатгун рогьалил как бай лъугьун буго цIакъ захIматаб ишлъун. Кинха захIмалъилареб, рогьалил как ахIизегIанцин телевизоралда цере ялъуни телефоназда жанир рукIунеб мехалда. Амма къиямасеб къоялъ рогьалил какил цIех-рех гьабулаго гIузрулъун бачине нилъер щибго гIилла букIине гьечIо.

 

Как буго диналъул хIуби ва алжаналъул кIул. Какилгун махсара гьабизе бегьуларин абула нилъеда чIахIиязги. Гьедин, тIаса-масаго какил иш тани, Аллагьасда ﷻ цере рахъараб къоялъ алжаналъуре лъугьине кIулалги гьечIого хутIула нилъ. Аллагьас цIунаги!

Рогьалил какил хиралъи лъан нилъер умумуз цIакъ кIвар кьолаан жамагIат биччачIого букIиналде. Гьезул заманалда хабар дагь, гьабулеб гIибадат гIемер букIана. Жакъайин абуни, бицунеб гIемер букIана ва керен бухун щивас абула имам Магьдил бодулъ вагъизе вугин, амма рогьалил какда вукIунарев чи Магьдил бодулъ вукIинги щакаб буго. Нилъеда ккола исламалъе гIоло дунялалъул боцIи-мал тун гIумру кьелин абун, амма Аллагьасе ﷻ гIололъун Гьевгун дандчIвазе гьуинаб макьу тезе кIоларев чияс киданиги исламалъе гIоло гIумру кьоларо.

«Рогьалил гIужалхIаги» абун Къураналда суратул «Фажралъул» 1 аяталда гьедулев вуго ТIадегIанав Аллагь ﷻ. Рогьалил какалъул гIуж - хассаб гIуж ккола. Гьелдалъун муъминчи мунапикъсадасаги ватIа вахъула. Аварагас ﷺ абуна: «Мунапикъзабазе бищун захIматаб как рогьалил ва боголил буго. Гьел каказул хиралъи гьезда лъалебани, хъурщунцин рачIинаан гьел каказде», - ян.

Рогьалил какде вахъарасе щола:

  1. Рогьалил как дунялалдасаги хирияб буго. Аварагас ﷺ киналниги ратибатаздаса рогьалил какил ратибатал хасс гьарулаан. Сапаралда вугеб мехалда хутIун гьес ﷺ кидаго балаан рогьалил какил ратибат.
  2. Аллагьасул цIуни. Аварагас ﷺ абуна: «Рогьалил как барав чи Аллагьасул ﷻ цIуниялда гьоркь вукIуна», - ян.
  3. Рогьалил как барав чи тIубараб сордоялъ какал рарасда релълъун вукIуна.
  4. Алжан насиблъи. ХIадисалда буго: «Бакъ баккилалде ва бакъ тIерхьиналде как барав чи жужахIалъуве лъугьинаро», - ян.
  5. Рогьалил гIужалъ Къуръан цIали. Аварагас ﷺ абуна: «Къаси Къуръан цIаларав чиясе малаикзабаз рогьинегIан мунагьал чури гьарула, радал Къуръан цIаларав чиясе малаикзабаз къасилъизегIан мунагьал чури тIалаб гьабула», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....