Аслияб гьумералде

ГIумру гIибадаталда тIаме

ГIумру гIибадаталда тIаме

Жиндир лъимал-хъизаналъе ризкъи тIалаб гьабулев чиясда лъазе ккола гьеб бацIцIадаб, хIалалаб нухдасан балагьизе. Рукъалъул бетIергьанасда гьеб тIадабги буго. Аварагас ﷺ абун буго: «Ахирзаман гIагарлъарабгIан бищун къанагIатаблъун букIина хIалалаб лукъма (ризкъи) ва жинде божилъи гьабизе бегьулев гьудул», - абун. Гьаб кIиябго масъала нилъеда къо бахъанагIан халлъулебги буго.

 

ЧIахIиял чагIаз, гIалимзабаз абула хIалалаб ризкъиялда бараб бугин чиясул кинабго гьабулеб гIамал-гIибадатилан. Аллагьасе ﷻ гIибадат гьаби буго нилъер рижиялдаса аслияб мурадги. Аслияб тун тIаде бачIараб гьабулев мурадалде щоларев кинниги, гьабулеб гIибадат къабуллъулеб нух цIунизе ккола щивас.

Аллагьасе ﷻ гьабулеб лагълъи гIицIго какал ран, кIалал ккун, садакъа-хайрат гIадаб гIибадат гьабиялда къокълъун хутIуларо. ГIибадат буго чиясул гIумруго, шаргIалъ рихьизарурал къанунал цIунун тIамулеб бугони. Бокьараб гьабулеб иш чиясда кIола гIибадатлъун сверизабизе, гьелъулъ ракIбацIцIалъи ва ният Аллагьасе гIололъун цIунани. Мисалалъе, щибаб къойил чияс хIалтIи гьабулеб бугони, лъимал-хъизан хьихьизе ялъуни чияда гьаризе ккунгутIизе абураб ниятгун, гьесие гьеб лъугьуна Аллагьасул ﷻ нухда кири бугеб гIамаллъун. КъватIие яхъунарей гIаданалъ рокъоб гьабулеб квера-гъари буго жиндихъ БетIергьанас ﷻ лъикIаб жазаъ гьабулеб гIамал.

Цо нухалъ Бичасул авараг ﷺ, асхIабзабигун цадахъ гIодовчIун вукIаго, радалго вахъун унев къуватав гIолохъанчи вихьула. Гьесухъги ралагьун, цо-цояз абула: «Жиндир талихIкъаяв! Гьес жиндир къуватги гIолохъанлъиги Аллагьасул ﷻ нухда хIалтIизабулеб букIарабаниха», - абун. Цинги аварагас ﷺ абула: «Гьев къватIиве вахъун ватани жиндирго гIисинал лъималазе квен-тIех балагьизе, гьев Аллагьасул ﷻ нухда вугев чи вуго. Гьев вахъун ватани херал эбел-инсуе къуталъе, гьев Аллагьасул ﷻ нухда вугев чи вуго. Гьев вахъун ватани жиндиего бетIербахъи гьабизе жо балагьизе, гьев Аллагьасул ﷻ нухда вугев чи вуго. Гьев вахъун ватани рихьдае ва рецц-бакъалъе жо тIалаб гьабиялъе гIоло, гьеб мехалъ гьев шайтIаналъул нухда вуго», - ян (ТIабарани).

ХIатта кванилцин пикру гьабизе ккола. Масала, пуланав чияс гьеб кваналеб бугони гьабулеб (хIалалаб) гIамалалъулъ къуват букIине абураб нияталда, гьебги лъугьуна гIибадатлъун. Гьелда тIадеги, нилъеда лъала квана-гьекъей, рега-рахъин гIадаб гIадатияб пиша, ай кинабго аварагасги ﷺ гьабулеб букIараблъи. Гьел ишал нилъецаги гьарула, гьарулелъул гьесда ﷺ нахърилълъин абураб ният нилъер бугони, суннат цIуниялъулги кири бачIинарищ?!

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги сундулъго ният бацIцIад гьабизе, аварагасул ﷺ нух кквезе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...