Аслияб гьумералде

Салават битIе!

Салават битIе!

Муъминчиясул бищун кIудияб анищ ккола къиямасеб къоялъ авараггун ﷺ цадахъ вахъинави. Гьелдаса лъикIаб щибха букIинеб инсанасе!? Хирияв аварагас ﷺ нилъеда малъана хун хадур гьевгун нилъ рахъиналъе бугеб сабаб. Аварагас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ бищун дунгун гIагарлъуда рукIине руго бищун гIемер диде салават битIулел», - илан.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ХӀакълъунго ТӀадегIанав Аллагьас ва малаикзабазги свалат битIула кинабго халкъалде расуллъун витIарав аварагасде ﷺ . Я, гьал иман лъурал гӀадамал! Нужецаги свалат битIе хирияв аварагасде ва нужеца гьев кӀодо гьавун гьесие саламги гьабе», - ян. (Суратул «АхIзаб», аят 56)

Аллагьас свалат битIулин абураб рагIул магIна буго, Аллагь жиндир расуласда гурхӀулин, гьесул даража-макъамги тӀадегIан гьабулин, гьев тушбабазул заралалдасаги цIунулин, гьесие квербакъиги гьабулин абураб. Хириял малаикзабаз аварагасде свалат битӀулин абураб рагIиялъул магIна буго гьез аварагасе дугIа гьабулин гьесда Аллагь гурхIагиян, гьесул даражамакъам тIадегIан гьабегиян абун.

Нилъеда тӀад цIакъ кӀудияб хIакъ буго аварагасе ﷺ тӀубазе кколеб. Авараг ﷺ вуго нилъ жужахIалъул гӀазабалдаса хвасар гьарун, нигIматазул алжаналде лъугьинариялъе сабаблъун вугев. Купру-ширкалъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде нилъ тIоритIаравги. Гьедин бугелъул, хирияв аварагасде свалат-салам гӀемераб битӀизе кIвахIаллъизе бегьиларо. Гьесул цIар рехсанщинахъе: «Аллагьумма свали гӀала МухIаммадин ва гӀала алигьи ва ссаллим», - абе.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатидасан бицана: «Рогьел баккилалде цебе цо жо букъулей йикIана дун. Кодоб букIараб рукIкIен бортун ана ва гьеб сагIаталъ чирахъги ссун ана. Гьеб гIужалъ авараг r вачIана жаниве лъугьун. Гьесул ﷺ гьумералъул нуралъ рукъ гвангъизабуна ва дида рукIкIен батана.

Дица абуна: «Я Бичасул Расул ﷺ , дур гьурмал гвангъиго щиб», - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Я ГIаишат, къиямасеб къоялъ дун вихьичIесе кIудияб балагь буго», - ян. Дица гьикъана: «Къиямасеб къоялъ мун вихьичIел щал кколел?» - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Бахилчи», - ян. Бахилчи щив кколевиланги цIехедал, аварагас ﷺ абуна: «Жинда аскIоб дир цIар рехседал салават битIуларев», - илан. (АхIмад)

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...