Аслияб гьумералде

Унти – рахIмат

Унти – рахIмат

Инсанасде рачIунел унтаби ва балагьал Аллагьасул рахъалдасан гьесие ругел хIалбихьиял ккола. Кин гьел къварилъаби раччаралали балагьун, гьелда бан букIуна Ахираталда гьелъухъ щолеб ажру-кириги. Ажру-киригун цадахъ муъминчиясе тIаде рачIарал балагьазде сабру гьабиялдалъун Аллагьасул ﷻ  рахъалдасан мунагьал чуриги букIуна. Гьедин халгьабидал, унти инсанасе Аллагьасул ﷻ  салам ва рахIмат ккола.

 

ТIаде бачIараб унти захIматаб бугебгIан гьелъухъ щолеб кириги мунагьал чуриги кIудияб букIуна. Гьелдаго цадахъ, ТIадегIанас ﷻ  унти тIаде тIамидал, гьелъие дару балагьизе бихьизабуна. Аллагьас ﷻ  щибаб унтуда цадахъ гьелъие даруги бижана.

Абу Усама ибн Шарикидасан бицана хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца дару гьабе, Аллагьасул лагъзал. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  хвел тун батIияб унти рещтIинчIо дару гьечIеб», - илан. (Ибн Мажагь, Тирмизи, ибн ХIиббан)

Унти тIаса инарулел сабабазул цояб ккола дугIа гьаби. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  амру гьабулеб бугелъул нужеца гьареян ва Жинца ﷻ  жаваб кьелин абун.

Хирияв Аварагас ﷺ унти тIаде бачIиндал цIалулел рукIана гьал дугIаби:

«Аллагьумма азгьибил баъса раббаннаси ва шфи фа анта Щафи ла шифаа илла шифаука шифаан ла югъадиру сакъама». (МагIна): я дир Аллагь, унти нахъе босе ва сахлъиги кье. Мун вуго сахлъи кьолевги сахлъи гьабиги гьечIо Дудасан ﷻ  гурони. Киналниги унтабаздаса сахлъи кьейин абун Дуда гьарулеб буго нижеца.

Унтараб бакIалда кверги лъун, гьаб дугIаги цIализе лъикIаб буго:

«Бисмиллагьи агIузу биГIиззатиЛлагьи ва Къудратигьи мин шарри ма ажиду ва ухIазиру».

(МагIна): Аллагьасул ﷻ  цIаралдалъун байбихьула, Алагьасул ﷻ  ТIадегIанлъиялдалъун ва ХIалкIвеялдалъун цIуни гьарула дида батараб ва хъантIараб квешлъиялдаса.

Унтарасде тIаде индал гьаб дугIа цIалила:

«Бисмиллагьи аркъика мин кулли шайин юъзика мин шарри кулли нафсин ва гIайнин ва хIасидин. Аллагьумма яшфика бисмиллагьи аркъика».

(МагIна): Аллагьасул ﷻ  цIаралдалъун цIуни гьарула зарал гьабулебщиналдаса. Нафсалъулъ, берзул ва хIасадалъул кинабниги заралалдасаги цIуни гьарула.

Гьелдаго цадахъ Аварагас ﷺ унтаразда абулаан сахазеги дугIа гьабеян абун. Унтаразул дугIа къабулаб букIунелъул.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...