Аслияб гьумералде

ШафагIатазул бетIергьан

ШафагIатазул бетIергьан

ШафагIатазул бетIергьан

Хириял бусурбаби, гьале тIаде щвана халкъалъулго хирияв, Аллагьасул ﷻ вокьулев, тIолабго гIаламалъе рахIматлъун витIарав МухIаммад авараг ﷺ гьавураб моцI. Нилъ ва гьаб дунял-гIалам Аллагьас ﷻ бижиго буго авараг ﷺ сабаблъун лъугьараб. Гьев вуго жинда шафагIат Алжаналда ругезгицин гьаризе бугев.

Авараг ﷺ мигIражалде вачиналде цебе, БетIергьанас ﷻ вахIю гьабун, ЖабрагIил малаик Алжаналдаса буракъ бачине витIана. БетIергьанасул ﷻ амруялда нахъвилъун, ЖабрагIил малаик Алжаналде ана. НигIматаздаса лазат босун рохелалда ругел кIикъоазарго буракъ батана гьениб. Щибалъул нодоялдаги «Ла илагьа иллаллагь, МухIаммад расулуллагь» абун хъван букIана. Амма гьезда гъорлъа батIаго чIун цояб бугоан, нигIматалги рехун тун, магIу загьир гьабун, пашманаб хIалалда. Гьелда аскIове ун, дуе лъугьараб щиб, щай мун гьеб хIалалда бугебин абуна. Буракъалъ абуна кIикъоазарго соналъ цебе «Я МухIаммад» - ан ахIулеб цо гьаракь рагIаралдаса, гьесухъ ккараб гIищкъуялъ Алжаналъул рахIатги гIазабалде сверун, кинабгоги кIочон бугин жиб гьаб хIалалдаян. Гьелъие жаваб гьабун ЖабрагIил малаикас абуна, дур гIищкъу бугесухъе къаси мун бачине бугин.

Гьезда аскIоса бачун буракъ ЖабрагIилас зубаржаданалъул чIолохъжо бан, багIараб якъуталъул кьили лъун, берцинго кьолона. Цинги Алжаналдаса къватIибе бачун, Маккаялда вугев аварагасул ﷺ нуцIихъе ана. Гьедин вачIунелъул ЖабрагIил малаикасда цадахъ лъабкъоялда анцIазарго малаик ва жеги МикагIил малаикги вукIана.

Аллагь ﷻ лъалезул бакъги мун, балъголъабазул моцIги мун, Къиямасеб къоялъ шафагIат гьарун жинхъе кIанцIулевги мун, гьаб сордо дуе буго, давлаги хIадур гьабун буго, цогиязе кьечIеб даражаялде мун щвезе, дуде гIищкъу цIикIкIараб Алжаналъул буракъалда мунги рекIинавун, БетIергьанас ﷻ Жиндихъего гьоболлъухъ вачине ритIун ругин, адаб цIунун, нуцIида кIутIун, тIаде вахъа аварагилан ﷺ кIалъана.

Щибизедай, ЖабрагIил, дун ахIулев вугеван абун, хIинкъи-рохел жубараб суалги кьун, ХIабибас ﷺ нуцIа рагьана. Дур цере аралги хадур рачIине ругелги мунагьал чуризеян жаваб гьабуна ЖабрагIилас. Гьеб жавабалъ рази гьавичIев аварагас ﷺ нахъеги цIехана гьеб бугин дие бугеб, дир умматалъе щиб бугебан. Цинги ЖабрагIилас абуна, хадубккун Аллагьас ﷻ дуе кьезе бугин, цинги мун гьелдаса разилъизеги вугин (гьал рагIаби ккола «ЗухIа» сураялъул 5 аятги). Гьеб жавабалдаса ХIабиб ﷺ разилъана ва ЖабрагIилас квер ккун къватIиве вачана. Буракъалда аскIове щун, авараг ﷺ тIад рекIунелъул, гьеб хIал хисун кьуркьудизе лъугьана. Мун щай кьуркьудулеб, МухIаммадидаса ﷺ нечоларищан ЖабрагIил гьелда кIалъана. МухIаммадилан абидал, буракъ гьев ﷺ лъай тIалаб гьабун, «Гьавищ кколев гIарабияв авараг, гIаламалъулго сайид – МухIаммад. Къиямасеб къоялъ МахIшаралде рахъиндал шафагIат гьабулевги гьавищ дов», - абун гьикъаризе лъугьана. МухIаммад ﷺ гьав вугин гьелъул суалазе жаваб ЖабрагIилас гьабуна. Жиндир гIищкъу букIарав МухIаммад ﷺ вихьидал буракъ кутакалда бохана, амма жиндирги цо мурад бугин кIалъана: «Къиямасеб къоялъ шафагIат гьабулелъул дунги кIочон тоге», - ян аманатги гьабуна.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...