Аслияб гьумералде

Тарбия

 Тарбия

Тарбия

ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал нигIматазул цоялдасан ккола лъимал. БитIараб тарбия кьеялдалъун лъимал лъугьуна Аллагьасул ва Аварагасул нух ккураллъун. Исламалда лъимал ккола Аллагьас нилъехъе кьураб аманат. Гьединлъидал эбел-инсуда тIадаб буго Аллагь разияб хIалалъ гIисиналгун рукIа-рахъине.

 

БитIараб тарбия абураб жоги цо-цо умумузда мекъи бичIчIулеб буго. Лъималаздехун хъачIго вукIин, гьезде вагъи, мекъаб жо гьез гьабидал кьаби, рокъор расандизе риччангутIи ва жалгоги гьелгун расандунгутIи ва гьелда релълъараб битIараб тарбия бугин кколеб буго гIемерисезда. ГIемер рагIула абулеб гIолилаз жеги лъималазда убачцин гьабичIин абун. Цинги, саназде рахиндал, къваригIуна нилъее гьеб куцалда хъачIлъиялда хьихьарал лъимал нилъеда гурхIун, адабалда рукIине. Гьайгьай гьеб кколаро лъималазе кьолеб битIараб тарбия. Лъималазе кьолеб битIараб тарбиялъулъ дунял-гIаламалъего мисаллъун вуго хирияв Бичасул Расул ﷺ. Аварагасе ﷺ лъимал рокьулаан, гьелгун васандун заман инабизеги бокьулаан. ГIисинго рукIаго бищун лъималазе хIажатаб жо буго эбел-инсул рокьи ва хIеренлъи.

Абу Гьурайратидасан бицана: «Яс ФатIиматихъеги вачIун Аварагас ахIана: «Лъимал ругищ гьанир?» - илан. КIудадал гьаракь рагIидал ФатIиматил вас ХIасан, рохалилаб гьаркьидалъун, Аварагасухъе вортана ва гьесда хурхана. Аварагги гьесда къочана», - ян (Муслим).

ГIагарал лъималазда гуребги цогидаздаги гурхIулаан Авараг ﷺ ва рокьи загьир гьабулаан. Усама ибн Зайдица бицана: «Бичасул Расулас дунги гьесул ﷺ ясалъул вас ХIасанги жиндирго ﷺ накабазда гIодор чIезарулаан. ЛъикIаб хIалалдаги къочун, дугIаги гьабун, абулаан: «Я Аллагь , Дурго рахIму-цIоб гьал лъималаздеги биччай, дие гьел кутакалда рокьулелъул», - илан (Бухари).

Лъималазда цевесан унаго Аварагас ﷺ гьезие салам кьолаан, цинги гьездехун вуссунаан. РикIкIадаб сапаралдаса вачIиндал рукъалъул агьлуялъул лъималгун дандчIвалаан. Хъизан-лъималазда бищун гурхIулевлъун вукIана нилъер сайид ﷺ. ГIисинал лъималги рачун Аварагасухъе ﷺ рачIиндал, кодоре рачун дугIа гьабулаан, кIалдиб гьуинлъи бахунаан. Ансаразухъе гьоболлъухъе щведал, гьезул лъималазе салам кьун, бутIрузда квер бахъулаан. Уммусаламатил яс Зайнабгун васандун, Аварагас ﷺ гьелда чанго нухалъ хIеренго абуна «Зувайнаб, я Зувайнаб», абун, ай цIар хIеренго абун.

Цо къоялъ Авараг ﷺ какилъ вукIаго тIаде вачIана ясалъул вас ХIасан. Васандулаго гьев Аварагасул ﷺ мугъзаде вахана. Гьев гIодове рещтIинегIан Авараг ﷺ суждаялда чIана. Цинги, какдаса салам кьедал, аскIор ругел цо-цо асхIабзабаз абуна: «Я Бичасул Расулﷺ, дуца сужда халат бахъинейищ гьабураб?» - илан. Жаваб гьабун Аварагас ﷺ абуна: «Дир вас мугъзаде вахана ва гьев гIедегIизавизе дие бокьичIо», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...