Аслияб гьумералде

Нилъее бокьухъе букIунаро

Нилъее бокьухъе букIунаро

Нилъее бокьухъе букIунаро

Дунялалда нилъее бокьухъе щибго букIунаро. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ тадбиралда рекъон хIалтIула кинабго. Гьелда иман лъезеги ккола. Амма лъикIаб гуреб къо тIаде бачIиндал нилъер иман жалгъалъула, ццидахуна ва зигардула щай гьадин ккарабилан, дие бокьухъе кколеб гьечIилан абун.

 

Нилъеда лъазе ккола хIакъикъияб тавбуялде, зугьдалде, сабруялде, щукруялде, хIинкъиялде, хьул лъеялде, таваккалде, рокьиялде, разилъиялде щвезе кIолареблъи гьединал пикраби тедал гурони. Аллагьасул ﷻ тадбиралда, Гьесул ﷻ ихтияралда бугин кинабгойин абун ракIчIедал гурони, нилъее гьел макъамал щоларо.

Нилъеца абула дун разияв вугин Аллагьасдаса, диналдаса, МухIаммад аварагасдаса ﷺ абун. Амма жанисан, пикру гьабуни, рази рукIунищха? РукIунел ратани щай нилъеца нилъерго ихтияралде ва тадбиралде бачунеб кинабго гIумру? Рази ратани бетIергьан Аллагь ﷻ вукIиналда, щай зигардулел ва ццидахунел? Щай ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ амруялда нахърилълъунарел ва гьукъараб толареб?

Иманалъул тIагIам лъала нилъ Аллагьасдаса ﷻ рази рукIаго, ТIадегIанав Аллагь ﷻ нилъедасаги разилъараб мехалъ. Кваналеб кванил кинаб лазат букIунеб? Гьединаб лазат нилъедаги лъала иманалъул. БичIчIула лъица лъикIлъи гьабулеб бугебали. Разилъиги букIунаро бичIчIи щун гурони, бичIчIиги букIунаро нур щун гурони. Гьеб кинабго щоларо Аллагьас ﷻ рахIмат кьун Жиндирго цIуниялда гъоркье вачун гурони. Гьеб гIинаят щварасда лъала иманалъул тIагIам, бичIчIи.

МухIаммадидаса ﷺ рази ратани, гьесда ﷺ нахърилълъуна, гьесул адаб, тIабигIат босула.

БетIергьан Аллагь ﷻ вукIиналда разилъарас кинабго Аллагьасул ﷻ нухда унин абун тола. Гьев ццидахунаро, хичуларо, хIажат гьечIел пикраби гьаруларо. Дин ислам букIиналда разилъарас гьелда гIамал гьабула. Авараг МухIаммад вукIиналда разилъаравги гьесда ﷺ нахъвилълъуна.

ПалхIасил нилъецаго рекъазабулин, кинабго дирго ихтияралда бугин аби чIахIиял мунагьаздаса ккола. Инсанасул тавбу кин къабуллъулеб гьединаб ракIчIейги букIаго? Дунял дир тадбиралда бугин абиялъ тавбу къабуллъунгутIиялде вачуна, гьелъие тадбир берцинаб куцалда бачунев Аллагь ﷻ вукIиналдаса гъапуллъулесул.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...