Аслияб гьумералде

Гьабизе лъай

Гьабизе лъай

Гьабизе лъай

Щивав инсан Аллагьас ﷻ вижун вуго махсара-хочI гьабиялде цIайи бугевлъун. Махсара-хочI гьабиялдалъун рохелги щола, цоцазда гьоркьоб хIалги лъикIлъула. ШаргIалъул гIорхъаби толел гьечIелдаса махсара гьабиялъулъ щибго бегьулареб жо гьечIо. Цо-цо бакIазда махсаро гьаби тIадаблъунцин букIине рес буго, масала, цого хIалтIи гьабун чIалгIун, ракI пашманлъун вугев чи махсара гьабиялдалъун чIаголъун, ракI бохун лъугьуна.

 

Аллагьасе ﷻ рецц буго МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдасан нилъ рати. Гьесул ﷺ гIумруялъухъ халгьабидал, нилъеда бихьула Аварагасги ﷺ махсара гьабулеб букIараблъи. Амма махсара гьабулелъуб киданиги гьереси бицунароан ва шаригIаталъул гIурхъаби рахунароан.

«Я Бичасул Расул, дуцагийищ махсара гьабулеб?» - илан цо чияс цIехедал, Аварагас ﷺ абуна: «Цо-цо мехалъ дицаги махсара гьабула ва амма кидаго битIараб бицуна», - ян. (Тирмизи)

Анас ибн Маликидасан бицана, цо къоялъ Аварагасухъе ﷺ херай гIадан ячIанила. Жий Алжаналъул агьлулъун гьаейин абун дугIа гьабеян гьелъ. Хирияв Аварагас ﷺ абула херал руччаби Алжаналъуре лъугьунарин абун. Гьеб хабаралъ пашман гьаюрайлъи бихьидал, Аварагас ﷺ тIаде жубана: «Херал руччаби Алжаналъуре гIолохъанго лъугьуна», - ян.

Гьелдаго цадахъ Аварагас ﷺ рос-лъадуе насихIат гьабун абулаан мех-мехалъ цоцазе махсара гьабеян. Анасидасан бицана: «Авараг ﷺ жиндирго руччабигун вугеб мехалъ бищун хIеренавлъун, ракI рагьаравлъун ва махсара гьабулевлъун вукIана», - илан. ГIисинал лъималазеги махсара гьабизе бокьулаан.

Анасица бицана: «Дидехун хитIаб гьабун хирияв Аварагас махсара гьабун абулаан: «Йа зул-узунайни», - абун (ай кIиго гIиналъул бетIергьанилан).

Махсара гьабулаго хIинкъиза-ризеги бегьуларо. ГIабдурахIман ибн Абулайлаца бицана, асхIабзабаз бицанин Аварагас ﷺ абунин: «Бусурбанчиясе бегьуларо цогидав бусурбанчи хIинкъизавизе», - ян. (АхIмад, Абу Давуд)

Махсара гьабизе бегьизабун бугониги, гIорхъолъа иналдаса цIодоролъи гьабизе ккола. Кидаго махсараялда вукIунев чиги гIадамазда гьоркьов тIадагьавлъун ва гIакълу гьечIевлъун рикIкIуна.

Махасара гьабиялдалъун дандияв гIодовегIан гьавизе, хIинкъизавизе лъугьинеги бегьуларо.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...