Аслияб гьумералде

Баракат

Баракат

Нилъеда гIемер рагIула «баракат лъегиян» гIадамаз цоцазда абулеб. Гьеб ккола гIараб мацIалъул рагIи ва гьелъул цо ккураб магIнаги гьечIо. Аллагьасул ﷻ рахъалдасан баракат лъей ккола рахIматал рещтIин.

 

Нилъеда гIемер рагIула «баракат лъегиян» гIадамаз цоцазда абулеб. Гьеб ккола гIараб мацIалъул рагIи ва гьелъул цо ккураб магIнаги гьеч1о. Аллагьасул ﷻ рахъалдасан баракат лъей ккола рахIматал рещтIин. БоцIуда баракат лъей ккола гьеб цIик1к1ин, рукъалъулъ – гIодобе биччай, кванилъ – гIорцIизари, хъизамалъулъ – гIамал берцинлъи, сахлъиялъулъ – унтунгутIи ва дару сабаблъи, заманалъулъ – эркенаб заман бук1ун къваригIел тIубазе мех гIей, гIумрудулъ – иманалда гIемер сонал кьей, наслу лъик1аблъун лъугьин. Къокъго абуни, баракат ккола кинабниги лъик1абщинаб.

Жинда Аллагь разилъаяв Рагъиб Асфагьанияс баракаталъул бицун абуна: «Баракат ккола ТIадегIанав Аллагьас цо жоялъулъ даимго нигIмат лъей», - абун.

Хирияв Аварагасги ﷺ гIемерал дугIабазулъ баракат тIалаб гьабизе малъана. Масала, нилъ кваназаруразе дугIа малъана: «Аллагьумма барик лагьум фима разакътагьум вагъфирлагьум вархIамгьум», - абун. Гьелъул магIна ккола: «Я Аллагь ﷻ, Дуца ﷻ гьезие кьураб ризкъиялда баракат лъе, гьезул мунагьалги чуре ва гьезда Мун ﷻ гурхIа», - ян.

Баракат тIалаб гьабизелъун гьаб дугIаги малъана: «Аллагьумма барик лана фигьи», - абун. МагIна: «Я Аллагь ﷻ, гьаб жоялъул дуца нижеда баракат лъе», - ян.

ХIаким ибн ХIизамидасан бицана: «Цо къоялъ дица Аварагасухъа ﷺ цо жо гьарана ва гьес ﷺ дие гьеб кьуна. ЦIидасан гьаридалги кьуна Аварагас ﷺ. ТIадвуссун жеги лъабабилеб нухалда гьаридалги Аварагас ﷺ нахъч1вач1о ва амма гьал рагIаби абуна: «Ле, ХIаким, боцIи гьуинаб пихъалда релълъуна. Сахаватавлъунги вук1ун гьеб босарасда баракат лъола, амма напсалъе бокьарабги гьабун босарасул баракатаблъун гьеб лъугьунаро. Кванан гIорцIуларев чиясдаги гьев релълъуна», - абун. (Бухари)

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца гьеб ризкъиялдаса Аллагь ﷻ разилъи тIалаб гьабун напакъаде ва садакъаде щиб жо кьуниги, Алагьас ﷻ нужее гьелъул бак1алда гьелдасаги лъик1аб кьола. Аллагь ﷻ вуго ризкъи кьолезул бищунго лъик1ав», - абун. (Сурату «Сабаъ», аят 39)

Баракат тIаде цIалел жалаздасан ккола Къуръан цIали, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун хьвади, дармилъ ритIухълъи, радал хехго рахъин, Аварагасул ﷺ суннат кквей, Аллагьасде ﷻ таваккал гьаби, нигIматазухъ Аллагьасе ﷻ щукру гьаби, мунагьал чуриялъе дугIа гIемер гьаби, гIагарлъиялъулгун гьоркьоблъи цIуни.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...