Аслияб гьумералде

Заман хвезабуге...

Заман хвезабуге...

Заман хвезабуге...

Заман ккола Аллагьас ﷻ инсанасе кьурал нигIматазул бищун хирияб. Заман гьечIони щибго жо букIунаро. Нилъер умумуз щибаб лахIзаталъул къимат гьабулаан, амма жакъасел гIолилал, эркенлъиги цIикIкIун, «заман чIвазелъун» пайда гьечIеб жоялде руссунел руго. Пикру гьабидал, цIикIкIун «заман чIвазеян» нилъ лъугьиндал, гьелъул гIаксалда, заманалъ нилъго чIвалел ратула.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда заманалъул хиралъи ва кIвар гIемер рехсана. Заманалдалъун ﷻ гIемер гьедана Аллагь ﷻ Къуръаналда. Хирияв аварагасги ﷺ хIадисалда абуна: «КIиго нигIмат буго гIемерав чияс жинде кIвар кьолареб: сахлъи ва эркенаб заман», - илан.

Цо къоялъ ГIамир ибн ГIабдул Къайс абурав табигIинасухъе вачIана цо чи ва абуна: «Мунгун гIодовчIун хабар бицине бегьилищ?» - абун. ГIамир гьесухъ валагьана, цинги абуна: «Бакъул свери чIезабе нилъее кIалъазе заман батизе букIине», - ян. Гьелдасан бичIчIула гьев гIалимасе заман къваригIел гьечIел харбазда хвезабизе бокьунгутIи.

Аварагасул ﷺ асхIаб ибн МасгIудица абулаан: «ЛъикIаб гIамалги гьабичIого дир гIумруги къокълъизабун араб къоялда дир ракI гурхIула», - ян.

Аварагасул ﷺ асхIаб Хулайфат СалихIица абуна: «Сордо-къо дуда данде хIалтIула, мунги гьезде данде хIалтIе», - ян.

ХIасанул Басрияс абуна: «Ле, инсан! Мун вуго къояздаса гIуцIаравлъун. Щибаб къоялда цадахъ дур гIумруги унеб букIуна. Дида дандчIвана гIадамал нужее динар-диргьамалдаса заман жидее хира бугел», - илан.

Халгьабе, гьаб заман хехго боржун унеб бугеб куц. Ригьалде рахарал чIахIиял чагIазда цIехедал, гьез бицуна жидер гIумру бер къапилалде анин абун. НухI аварагасда гьаб дунял кинаб жолъун батарабилан гьикъидал, гьес абун буго: «Цояб нуцIихъа жаниве лъугьунеб, цогидалдаса къватIиве лъугьунеб рукъ гIадинаб жо батана», - ян. 950 сон барав НухI аварагасцин гьедин абураб мехалда, 60-70 гурони сон баларел нилъеда кинаблъун гьаб дунял батилеб?

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...