Аслияб гьумералде

РакI чIаго гьабулеб

РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда хурхинарулеб гьитIинабго рукIел.

 

Аварагас ﷺ ракIалъе кIудияб кIвар кьолаан. Гьес ﷺ абун буго: «Чиясул черхалда жаниб буго цо гьанал кесек, гьеб лъикIаб батани тIолабго черх лъикIлъула, гьеб хвараблъун бугони тIолабго черхги хвараблъун лъугьуна. Гьеб кесекги ракI ккола», - абун (Муслим).

Амма кин ракIал чIаго, рацIцIадал, канлъиялъул цIун рукIинелъун цIунилел? Гьале ракI чIаго гьабизе ва Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе гIадатияб, амма гъваридаб лъабго нух.

БетIергьан ﷻ рехсей, зикру. Гьеб буго рухIалъе квен. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагь ﷻ рехсеялдалъун ракIазе хIалхьи щола», - ян (сура «Ар-РагIд», 28 аят). Зикру кколаро гIицIго рагIаби такрар гьари. Гьеб ккола ракIалъги гIакълуялъги, Аллагьасда ﷻ церечIун ругеб куцалда пикру гьаби. «СубхIанаЛлагь», «АлхIамдулиЛлагь», «Аллагьу Акбар» яги «Ла илагьа илла-Ллагь» абун зикру гьабулелъул хIаракат бахъизе ккола щибаб рагIул магIна лъазе ва гьеб чорхолъ бессизабизе. Гьедин гьабиялъ ракI мунагьазул чIегIерлъиялдаса бацIцIад гьабула ва нуралъул цIола.

Пикру гьабун Къуръан цIали. Къуръан гIицIго хириял гIужаз ва къояз цIализе бугеб тIехь гуро. Гьеб ккола нилъер щивасухъе хитIаб гьабун бачIараб чIагояб нух бихьизаби. Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Къуръаналъул пикруго гьабуларищ гьез? Яги гьезул ракIазда киртал ранищ ругел?», - ин (сура «МухIаммад», 24 аят). Къойида жаниб цо аят цIалулеб бугониги гьелъул магIнаялда тIад ургъун, гьеб гIумруялъул нухлъун бачун, лъикIаб буго. Къуръанги гIицIго цIализе рещтIараблъун гуро бугеб, гьеб рещтIараб букIана рухIазул гъварилъуде лъугьун, гьел хисизаризе. БичIчIулеб гьечIони, гьелъухъги Аллагьас ﷻ ажру гьабула, гьебги анцIиде бахинабун. РакIги чIаголъула Халикъасул ﷻ Каламгун бухьен ккараб мехалъ.

ЛъикIлъи гьаби. Аварагас ﷺ хIадисалда абун буго: «Аллагьасе ﷻ бищунго хириял, рокьулел гIадамал руго цогидазе пайда гьабулел», - абун (ТIабарани). Кумекалъулаб квер цогиязухъе бегьараб яги диналъул вац-яцаздехун гьимараб ялъуни ракъун ругезе кваназе жо кьураб гIадаб лъикIаб гIамал гьабураб мехалъ, гIицIго лъикIаб иш гьабуравлъун гуро чи вугев. Гьев вуго жиндирго ракI чIухIи, рахIму гьечIолъи, хъантIи гIадал какарал тIабигIатаздаса гIицI гьабулевлъун. ЛъикIлъиялъ ракI хIерен гьабула, Аллагь ﷻ жиндаса разияб рахъалдеги бачуна.

Нилъер ракI буго матIу гIадаб жо. БацIцIунеб гьечIони гьелда тIад хIур ккола. Мунагьал гьари, бицунеб рагIи, гьабулеб гIамал хадуб халкквечIого биччан теялъ гьеб бецI гьабула. Амма Аллагь ﷻ рехсон зикру бачин, Къуръан цIали, лъикIал гIамалал гьари гIадал ишал ккола матIуялъул нур цIигьабулел алатал.

Аллагьас ﷻ нилъер ракIал иманалдалъун чIаго гьареги, нифакъалдаса рацIцIалъаги, Жиндехун ﷻ бугеб рокьиялъ цIезеги гьареги!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...