Аслияб гьумералде

Мунапикъасул гiамал

Мунапикъасул гiамал

КъотIи хвезаби къабихIаб пишалъун рикIкIуна. Мунапикъзабазул гIаламаталдасанлъунги рикIкIуна гьеб. Ибну МасгIудица къотIи гьабулароан «ИншааЛлагь» абураб рагIи абун гурони. Жиндир рекIелъ бугеб щивасда лъала, къотIи гьабулаго гьесда жаниб щулияб ният букIун батани къотIи тIубазабизе, тIубазабизе ккола цIакъго гIузру букIун батичIебгIан заманалъ.

ХIакъикъаталда бокьараб жо ккезе бегьула. ГIузру къабул гьабула шаригIаталъ, хIакъикъияб батани. КъотIи тIубалаго гьесул рекIелъ букIун батани жагъаллъи, ай тIубазабиларин, гьебги щивасда лъала жиндаго, гьеб мунапикълъи ккола. Гьаб буго кIвар бугеб суал. Жеги тIадаб буго нилъеда аскIоб бицараб хабар цIунизе. Гьеб аманат ккола. Гьанив вилъун, дове ун бицине бегьуларо. Нилъееги бокьуларо цоясда бицараб цогидазда бицине. Амма бицунеб жоги гъибат-бугьтан букIине бегьуларо.

Цо валияс абуна, лъабго жо лъабго хIалалда гурони лъаларин:

  1. Бихьинчи лъаларо дандчIварав мехалъ гурони.
  2. Аманатлъи лъаларо кьолеб босулеб мехалъ гурони.
  3. Вацалги ратуларо балагь тIаде щвараб мехалъ гурони.

Имам МухIаммад Магьдица абуна: «КъотIи тIубазаби гIаданлъиялдаса рикIкIуна, гьебги иманалдаса буго», - ян. ГIабдулкъадир Жиланияс абуна: «ЗагIипаб иманги якъинги батани ва къотIи кьедал гьеб къотIи тIубазабе дуца, гурони дур иман жеги загIиплъизе буго», - ян. ГIалимзабаз абуна ункъго жоялъ захIмалъиги пашманлъиги тIаде цIалин: барахщаралгун гIодовчIеялъ, квешал чагIигун гIодовчIеялъ, къацандулелгун вукIиналъ, кьураб къотIи цIацIазабиялъ. КъотIи тIубай ккола лъикIал тIабигIатаздаса.

Гьеб тIубазабулев чиясул гIадамазда цебе къадру-къимат бахуна. Жакъасеб къоялъ рукIуна цо-цоял гIузру гьечIониги яги бугониги бицунарел, амма къотIи кьезе кколеб жо цIацIазабулел. Гьеб пиша цIакъ сурукъаблъун буго. Цо гIалимас абуна берцинаб, къабул гьабизе бегьулеб гIузру лъикIаб бугин чIанда бицун цIацIазабиялдаса. ГIакъилав чияс абун буго, гьереси бицинин хIинкъулес къотIи-къай дагьлъизабеян.

Щайин абуни, цIацIазабизе гIоло чанго гьереси бицунелъул. КIиго чи гьерсидаса рорчIуларо ва гьелги ккола гIемер къотIаби гьарулевги гIузраби рехсолевги. Муъминчиясе къотIи кьуни, гьеб хвезабиларо кигIан захIмалъаниги, рес къотIараб хIалалде ккун гурони. Дов чиясеги лъикIаб буго къабулаб гIузру батани, гьев чи вичIчIизе. Цоцаца гуккизе бегьуларо. Гьал жал хвезарулел чагIиги ккола мунапикълъиялъул гIаламатал ругел.

Акъсам ибну Сайфияс абуна: «КъотIи хвезабизегIан къечон хвезе бокьила», - ян.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулатIипова Хадижат, 7 сон, Кокрек росу. ГIабдулвахIидов МухаммадгIали, 10 сон, Краснооктябрьский росу. ГIабдулвахIидов Наби, 7 сон, Гъизляр...


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...