Аслияб гьумералде

Баргъич

Баргъич

Баргъич ххей аварагасул ﷺ суннат буго. ГIемерисеб мехалъ Аллагьасул расулас ﷺ баргъич ххуна кваранаб квералъул гьитIинаб килщида. Цо-цо мехалъ квегIалъул гьитIинаб килщидаги ххуна. Гьебги суннат ккола.

 

Кинниги кваранаб рахъалда ххезе хирияб буго. Щайин абуни, гьелъул хIакъалъулъ гIемерал ва кьучIал хIадисал рачIана, квегIалъул рахъалдаса цIикIкIун. ГIалимзабаз абуна баргъич ххей салафу-салихIуназулги ва гьединго цере рукIарал умматалъул гIадатлъунги букIанин. Бихьиназе меседил баргъич бегьуларо, гIарцул гурони. Руччабазе меседил баргъич бегьизабуна. Аварагасул ﷺ баргъич букIана «МухIаммадун расулуЛлагь» абун тIад накъищ хъвараб. Гьеб баргъич хадуб билана.

МугIайкъиб абурав асхIаб вукIана Бадруялъул гъазаваталдаги гIахьаллъарав. Гьев вукIана авараг ﷺ Мадинаялда вугев мехалъ гьесул баргъич цIунарав чилъун. Авараг ﷺ накълулъидал баргъич щвана Абубакар-асхIабасухъе. Гьес баргъич кьола МугIайкъибихъе цIунизе. Гьединго гьес ГIумар-асхIабихъ ва ГIусман-асхIабихъ гьеб бугеб мехалдаги цIунана. Амма ГIусман-асхIабасул заманалда гьеб баргъич Арис абураб гъуялъубе бортула. Баргъич лъабго къоялъ балагьула, амма батуларо.

Имам Бажуриясги ибну ХIажар ГIаскъаланиясги хъвалеб буго: «ХIакъикъаталдаги гьеб баргъичалда жаниб аварагасул ﷺ битIараб низамалъул рухI букIана. Гьелъул букIана Сулайман аварагасул баргъичалъул гIадинаб къуват. Сулайман аварагасухъа баргъич тIагIиндал, къуват нахъе ана. Гьединго ГIусман-асхIабасул заманалда, аварагасул ﷺ баргъич тIагIиндал, байбихьана нилъеда лъалел питнаби, цоцада ричIчIунгутIи, халипасухъ гIенеккунгутIи гIадал ишал лъугьине. Ахиралда ГIусман чIвана Къуръан цIалулеб мехалда», - ян.

Ибну ГIалланица абуна, гIадамаз Сулайман аварагасул баргъичалъул гIажаиблъи гьабулин, амма МухIаммад аварагасул ﷺ баргъичалъул гIажаиблъи гьабуларин. Гьелда жанибин абуни букIана гIажаибаб къуват, жинца авараг ﷺ накълулъаниги, гьесул гIадинаб ритIухъаб бетIерлъи чIезабулеб. Баргъич тIагIиндал питнабазде байбихьана.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...