Аслияб гьумералде

Абу ХIанифал эмен

Абу ХIанифал эмен

Абу ХIанифал эмен

Имам Абу ХIанифал эмен ккола Сабит ибну Зута ал-Куфияв. ГьитIинаб мехалдаго гьев вукIана гIамал-тIабигIат берцинав, вацIцIадав, сахаватав, варагI цIунарав муъминчи. Гьев ккола табигIун. ГьитIинав чи вугеб мехалда гьев дандчIван вукIун вуго ГIали-асхIабгунги. Сабитие ГIали-асхIабас баракатаб наслу кьегиян дугIа гьабунги букIун буго.

 

Цо нухалда гIурул рагIалда тира-сверун вукIарав гьесда бихьун буго лъеда тIад босун бачIунеб гIеч. Гьебги къватIибе бахъун кваназе байбихьун буго Сабитица. Цо нухалъ хIанчIидал гьес пикру гьабун буго гьаб жиндие хIалалаб букIунищин, лъил ахикьа бачIараб батаниги гьелъул хважаинасул изну къваригIунарищин абун.

Гьел пикрабазда вукIаго Сабитица хIукму гьабун буго гьелъул хважаин валагьун, гьесдаса хIалаллъи тIалаб гьабизе, гIор ккун эхеде ине. Гьедин унелъул Сабит щола цо ах бугеб бакIалде.

Гьениб хважаин валагьула Сабитица, цинги ккаралъул бицун, гIечалъул хIалаллъи гьаризе вачIанин абула. Гьесда хIикмалъарав хважаинас хIукму гьабула гьесул ритIухълъиялъул хIалбихьизе ва абула хIалаллъи щвезе ккани мун жиндир ахикь хIалтIизе кколин. Гьелда разилъула Сабит ва байбихьула хIалтIизе.

Гьедин, ахил хважаинасул хIалаллъи щвезелъун хIалтIула чанго соналъ. Цо къоялъ хважаинас Сабитида абула, гIечул хIалаллъи щвезе ккани жиндир яс лъадилъун ячинарищин абун. Амма гьей йигинха «беццай, квералъ щибго кквезе кIоларей ва рекъай» абун.

Гьелдаги Сабит разилъула. Амма гьейгун данделъараб тIоцебесеб сордоялъ яс ятула гIолохъанай, берцинай ва гьайбатай. Мекъи ккун батилин ракIалдеги ккун, гьейги тун, Сабит къватIиве уна. Амма ахил бетIергьанас абула: «Гьей йиго дир яс. Гьей беццай йиго хIарамаб бихьиялъе, квераз кидаго хIарамаб босичIо, хIатIалги хIарамаб нухде тIамичIо», - абун.

Гьей йикIана иман бугей, берцинаб гIамалалъул, цIодорай яс. Гьелъ Сабитие гьавуна НугIман абурав вас. Гьеб букIана гьижрияб тарихалъул ункъоабилеб сон. Хадубккун гьевги лъугьана кIудияв гIалим, хIанафияб мазгьабалъул имам.

Сабит вукIана ххам бичун даран-базар гьабулев, гIезегIан ресалда вугев чи. Инсудаса лъан НугIманицаги гьабулаан гьебго иш. Гьев цIалана Куфаялда ва щвана бергьараб гIелму. Эменго гIадин гьевги ккола табигIунав.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...