Аслияб гьумералде

Иманалъул даражаялда бугеб

Иманалъул даражаялда бугеб

Иманалъул даражаялда бугеб

«Сабру гьабиялдалъун нижее гьаб дунялалда бищун лъикIаб щвана», - ян абураб рагIи буго ГIумар-асхIабасул.

 

Чиясул гIумруялда сабру гьабиялъул даражаялъе къимат кьезе захIмалъила. Гьеб буго къуватаб гIамал, жинца захIмалъаби раччизе, гьабулеб ишалъулъ битIараб хIукму гьабизе, берцинаб гIамалалъул нухде инсан вачине ва унго-унголъун цIодоравлъун, гIакъилавлъун вукIине кумек гьабулеб.

Гьеб буго рухIияб ва жанисеб рахъалъ къуватав чиясул тIабигIат. Щайин абуни, жанисеб рахъалъ загIипав чиясда ццим бахъараб яги нерваби гьалаглъараб заманалда напс къезабизе ва сабруялда чIезе кIоларо, кIваниги захIмалъула. Гьелъ буго сабру гьабулезе БетIергьанас ﷻ жазаъги кIудияб гьабулеб.

Къуръаналдаги сабруялъул хIакъалъулъ нусгогIанасеб бакIалда рехсей гьабун буго. Гьеб буго Аллагьасе ﷻ бокьулеб гIамалги. Гьедин рехсон буго «Алу-ГIимран» сураялда, «Аллагьасе сабру гьабулел рокьула», - ян. Жеги буго: «Нужеца сабру гьабе, Аллагь сабру гьабулелгун вуго», - ян («ал-Анфал» 46 аят).

Гьеб буго жидедалъун киналниги аварагзаби ратIа рахъараб гIамал. Алжаналъул кIул гьеб бугин абиги киназего машгьураб буго. Цояз Аварагасда ﷺ гьикъидал щиб жо иман кколебилан абун, гьес ﷺ абун буго: «Иман буго сабру гьаби», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Сабру гьабиялъ иманалъулъ, бетIералъ къаркъалаялъе гьабулебго гIадаб бакI ккола, (бетIер гьечIони къаркъала тIубалареб кинниги), сабру тIагIани, иманги уна».

Сабруялъул бищун лъикIабги буго, жиндие зарал гьабурасе данде тамихI гьабизе кIолебги букIаго, Аллагьасе ﷻ гIололъун гьев тIаса лъугьун тей. Гьелъул хIакъалъулъги Аварагас ﷺ абун буго: «Бищун дие бокьулеб гьекъолеб жоялдаса буго, ццим бахъинги къотIизабун, сабруялъул гьекъей. Ццим бахъин къезабурав чиясул ракI Аллагьас иманалъул цIезабила», - ян.

Сабру гьабизеги ккола бищун Аллагьасде ﷻ гIагарал, Гьесие ﷻ гIибадат-гIамалалда ругез. Гьелдалъун гIемерал аварагзабазул хIалги бихьана. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасе цо чагIи рокьараб мехалъ, Гьес гьезул хIалбихьиял гьарула. Бихьаралда разилъи гьезул бугони, Аллагьасул разилъиги щола гьезде. Ццим бахъун, сабру тIагIун лъугьани, Аллагьасул ццим бахъинги щола», - ян.

Абу-Малик аль-АшгIариясдасан бицараб хIадисалда буго: «Сабру - гьеб буго нур (жиндалъун гьелъул бетIергьанасул хоб гвангъизабулеб)», - ан.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги сабру гьабулел, бихьаралда шукру бугел, гьабулеб гIамалалъулъ рацIцIадал лагъзаллъун! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...