Аслияб гьумералде

Суннат цIуне

Суннат цIуне

Суннат цIуне

 

Аварагасул суннат ккурасе ва гьеб чIаго гьабурасе Аллагьасул рахъалъан щола ажру-кири. Бичасул Расулас гIадада щибго гьабулароан. Гьесул киналниги пишабазулъ буго гъваридаб хIикмат ва нилъее дарс босизе бакI. Нилъер гIакълаби хадур гъечIого хIикмалъи бихьичIонигицин гьесул суннаталда гIицIго нахърилълъиналъ кIудияб пайда щола. Бищун кIудияб пайдаги – Аллагьасе нилъ рокьи буго.

 

Къойида жаниб чанго нухалъ кванала инсан. Кванил авалалда кверал чурун, цинги бисмиллагь бахъун байбихьидалги Аварагасда нахъвилълъиналъул кири щола нилъее. ГьедигIан бигьаяб, амма гIемерисез кIарчанлъи гьабун, шайтIаналъ кIоченабун батула.

Ибну Сиринида аскIове вачIун, цояс гьикъана: «ГIибадат гьабиялъул адабал щай малъуларел дида?» - ян. Ибн Сириница гьикъана: «Кванил адабал лъалищ дуда?» - ян. Лъаларин гьев пуланас жаваб гьабидал, ибн Сириница абуна: «ХIайван гIадин квана-гьекъолев вихьулаха мун. ТIоцебесеб иргаялда, дуца кванил адабал лъазаризе ккола, цинги вачIа дихъе, гIибадаталъул адабал малъила», - ян.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Квана-гьекъон хадуб Аллагьасе ﷻ рецц гьабулев лагъасадаса Аллагь ﷻ рази вукIуна», - ян. (Муслим)

Кванда хадуб Аллагьасе ﷻ реццги гьабун Аварагас ﷺ гьабулеб букIараб дугIа абун имам Бухарияс рехсараб буго: «АлхIамду лиЛлагьи хIамдан касиран тIайибан мубаракан фигьи, гъайра макфиййин ва ла муваддагIин ва ла мустагъниян гIангьу раббуна».

Гьелда релълъарал, кванда хадур гьарулел дугIаби гIемер руго. Бокьараб цIализе бегьула. Амма цонигияб лъалеб гьечIони, нилъерго рагIабаздалъунгицин нилъ квана-гьекъезе гьаруралъухъ баркала кьела.

Лъим ялъуни цогидаб лъамияб жо гьекъолаго, гIодорчIун гьекъела. Анасидасан бицана: «Рахъунги чIун лъим гьекъеялдаса Аварагас ﷺ кантIизарулаан», - илан. (Муслим)

Ибну ГIаббасидасан бицана, рахь гьекъон хадуб Аварагас ﷺ кIалги ххулун абулаанила: «Рахь гьекъон хадуб кIал ххуле, гьелъулъ нах букIуна», - ян. (Ибн ХIиббан)

Гьел хIадисаздасан нилъеда бичIчIула бокьараб кьаралъи гъорлъ бугеб кванда хадуб кIал ххулизе лъикIаб букIин.

Къиямасеб къоялъ Авараггун ﷺ рахъине нилъее бокьани, гьесул ﷺ суннат цIунизе жигар бахъизе ккола.

Аллагь ﷻ нилъ гьареги Аварагасул ﷺ нух ккураздасан. Амин!

 

Жабир Мажидов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...