Аслияб гьумералде

Нахъбуссунеб

Нахъбуссунеб

Сахаватлъи рикIкIуна бищунго тIадегIанал хаслъабазул цояблъун ва хъантIи рикIкIуна заманалдасан инсанги гьесул гIумруги хвезабулеб ракIалъул унтилъун. ГIелалъ гIелалъухъе кьун рицунел лъай кьеялъулал харбаздасан якъинго бихьула инсанасул ишал гьесухъе тIадруссунел рукIин, цо-цо мехалда ракIалдаго гьечIого.

 

Пуланай гIадан росасе ун йиго бечедав базарганасе. Гьесул букIана ретIел-хьит бичулеб тукен. Амма кигIан бечедав вукIаниги, гьев лъалаан гIорхъолъа араб къарумлъиялъул рахъалъ.

Цо къоялъ пуланав базарганас гIанкIуги босун, чIужуялда абун буго квен хIадур гьабеян. Кваналел рукIаго мискинчияс нуцIида кIутIула ва квен гьарула. Базарганас инкар гьаби гуребги, хъачIго ахIдон, гьев нахъе гъола.

Базарганасул чIужуялъ гьесде гIайиб гьабула, кумек гьабизе бегьулеб букIинчIищиланги абун. Амма жиндирго къарумлъиялъ гьев кантIизавизе кIоларо.

Гьелдаса хадуб заман иналде базарганасул тукен бухIула. Лъадуца сабру гьабеян абуниги, хIалбихьиялде дандечIезе кIвечIого, гьес гьей гIадан нахъе йитIула.

ТIадегIанав Аллагьас гьей махIрумлъараб жо лъикIалдалъун хисула. Гьей росасе уна цогидав чиясе ва гьевги ватула сахаватав, хIеренав, загIипазул ургъел гьабулев, гьарарасе жо кьолев.

Цо къоялъ кваналел рукIаго нуцIида кIутIула. КIалтIа чIун ватула мискинчи. Росас кванил бутIа гьесие кьейин амру гьабула. Ризкъи кьолев Аллагь ﷻ  вугин ва кумек тIалаб гьабулев чи нахъчIвазе бегьуларин абула.

Рокъое ячIарай лъадуда магIу кквезе кIоларо. ГIилла цIехедал, гьелъ бицуна дов мискинчи вукIанин жиндир вукIарав росилан. РакIалде щвезабула гьесул къарумлъи ва гьарун вачIарав нахъе витIулаанин абун.

Гьелъухъги гIенеккун, росас абула: «Гьев мискин дур цевесев рос ватани, дун вуго доб мехалъ гьес нахъчIван вукIарав чи», - ян.

Гьадинал мисалал нилъер щивасе рукIине ккола гIумруялъул къагIидаби ракIалде щвезарулеллъун. Гьарарасе бугеб жо кье, сахаватавлъун вукIа ва лъазе ккола Аллагьасул рахIматалъул нуцIби рагьулеллъи цогидазе нуцIа рагьаразе.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...