Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ хьит

Аварагасул ﷺ хьит

Аварагасул ﷺ хьит

 

АсхIабзабаз Аварагасул хьитазулги сипат гьабун бицана. ХIафиз ГIиракъияс «Алфият» абураб тIехьалда назму хъвана: «Гьев хIатIигIицIго хьвадулаан унтарасухъе ваккизе, хьиталги хуффабиги гьечIого». Гьедин Авараг хьвадана Аллагьасдаса цIикIкIун кири щвезе букIине.

 

 

Имам Бажурияс рехсана Аварагасул ﷺ хьит букIанин тIеренаб, нахъаса хIетIе кколеб тIомалъул чIоло бугеб. Цебесеб рахъ букIана мацIгIадинаб, дагьабго халатаб. Гьедин хьит гьабиялъе гIилла букIана Аварагасул ﷺ сабабат килищ дагьаб халатаб букIин.

Сандалал аварагзабазул хьиталлъун рикIкIуна. Цогидал хьитазде гIадамал руссана бакI рекъонгутIиялъ. Амма цогидал хьитал ретIине бегьула ва щибго къварилъи гьечIо.

Цо-цо хIафизаз рехсана Аварагасул ﷺ хьиталъул кьер букIанин тIогьилаб. Гьеб хьитги букIанин гIакдал тIомол гьабураб. Гьединго рехсана, хьитал Аварагас ﷺ кодор кколаанин квегIаб ишара гьабулеб килищалъ. Гьелъ тIоритIел гьабула, кигIан гьитIинаб жо Аварагас ﷺ гьабулеб букIаниги, асхIабзабаз ракIалда чIезабулеб букIиналде. 

Ибну ГIумар ккола Аварагасда ﷺ нахъвилълъун, релълъенлъи гьабурав асхIаб. ГIубайд ибну Журайжица гьикъула гьесда: «Дида мун вихьулев вуго тIомол хьиталги ретIун», - ян. Гьес абула: «Дида бихьана Аварагас ﷺ тIомол хьитал ретIун. Гьелъ диеги бокьула гьел ретIине», - ян.

Ибну МасгIуд вукIана Аварагасул ﷺ хьитал, къандалъо, сивак ва тIомол таргьа, сапаралда цадахъ босун, гьезул тIалаб гьабулев чи. Авараг ﷺ тIаде вахъунелъул ва гIодов чIолелъул гьес хьитал ретIулаан ва рахъулаан. Хьиталги рахъун, гьел къвалакь кколел рукIун руго ибну МасгIудица, Авараг ﷺ тIаде вахъинегIан.

Ибну СагIдица абуна Анас ибн Маликги вукIанин хьитазухъги тIаргьаялъухъги балагьулев чиян.

Жабир-асхIабас бицана Аварагас ﷺ гьукъанин квегIаб квералъ кваназе ва цояб хIатIида хьитги ретIун хьвадизе. Рес къотIун гурони квегIаб квералъ кваназе карагьатаб буго, гьединго, цого хьит ретIун вилъинеги. Кваранаб рахъ хIалтIизабизе лъикIаб буго лъикIалщинал ишазулъ. Мисалалъе, мажгиталде лъугьунаго, кваналеб мехалда ва гь. ц. ГIодобегIанал ишазулъ лъикIаб буго квегIаб рахъ хIалтIизабизе. Мисалалъе, хIажатханалде унелъул, мегIер ссунхулеб мехалда.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...