Аслияб гьумералде

Рузман къоялъ салават цIалиялъул хIикмат

Рузман къоялъ салават цIалиялъул хIикмат

Рузман сордоялъ ва рузман къоялъ цIакъго хирияб буго салават цIализе. ГIемер цIаларабгIан лъикIабги буго. ГIалимзабаз абула бищун дагьаб къадар бугин 300 нухалъ цIалийилан абун. Гьеб къоялъ кIал кквезе карагьалъула, рузман къоялда цадахъ хамиз яги шамат къояз кIал кквечIони. Гьелъие гIиллаги буго, салават цIалиялъе рухI букIиналъе гIоло. КIал ккурав чи дагьав загIипго вукIунелъулха. 

 

Гьединго имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуният» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Авараг ﷺ ккола тIолабго гIаламалъул сайид. Рузман къоги бищун хирияб буго, цогидал къоязда дандеккун. Салаваталъул хиралъи буго рузман къоялъ цIикIкIун цогидал гIибадатазда данде ккун. Дунялалдаги ахираталдаги умматалъе щвараб нигIмат ва лъикIлъи щола аварагасдасан ﷺ, ай ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагасде ﷺ рещтIинабула ва гьесдасан умматалъе бикьула. Щолеб лъикIлъиги умматалъе рузман къоялъ щола. Гьеб къоялъ гьезие кьола алжаналъур рукъзал, алжаналде лъугьиндал гьезда гьебги батула. Гьеб къо МухIаммадияб умматалъе гьаб дунялалда гIидлъун ккола. Гьеб къоялъ бусурбабазе кутакаб пайда щола, гьезул хIажат БетIергьанас тIубала, гьарараб къабул гьабула. Гьеб кинабго бусурбабазе щвана авараг ﷺ сабаблъун. Гьелъ щукру ва рецц гьаби, гьединго, дагьа-макъаб бугониги гьесул хIакъ тIубайлъун ккола гьеб къоялъ салават гIемер битIи», - ян.

Гьеб къоялъ цIализе хирияб буго сура «Кагьф». Гьелъул цIалулеб заман хутIун, хутIараб заман инабизе ккола салават цIалулаго. Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее гьеб къоялъ ва сордоялъ салават гIемер битIизе.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...