Аслияб гьумералде

МацIалъул хIинкъи

МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб халкквечIони.

 

Гьединлъидал, исламалъ хасаб кIвар кьола жиндирго рагIабазул хIисаб гьабиялде. Муъминзабазде амру гьабун буго лъикIаб бицеян яги сихIкъотIун чIун вукIаян, щайгурелъул, щибаб рагIул магIна букIуна ва гьелде кIвар кьечIого толаро.

Муъминчиясда лъазе ккола жинца бицунеб щибаб рагIи хъвалеб ва гьелъул хIисаб гьабулеб букIин. Цониги рагIи, кигIан кIвар гьечIеб букIаниги, кIвар кьечIого хутIуларо. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Гьес рагIи абун хадуб, аскIов хIадурго халгьабулев чи вукIуна», - ян (сура «ал-Каф», 18 аят).

ГIемерал хIадисаз баян гьабула мацIалъул хIинкъиялъул хIакъалъулъ. Гьелъ, гIемерисеб мехалда, гIадамал кIудиял мунагьал гьаризеги тIамула. Гьединлъидал, бусурбабазде амру гьабуна жидерго калам квешлъиялдаса цIунун, лъикIаб гурони бицунгеян. МацIалъул бищунго гIемер ругел хъубал ишазул цояб ккола гъибат гьаби. 

ШаргIалда рекъон, гъибат гьаби ккола бокьулареб жоялдалъун чи рехсей, гьев гьечIеб бакIалда. Гьеб мунагь кIиго ихтияралда бухьун букIиналъ хасго кIудияб буго: Аллагьасул ихтияр, щайгурелъул, инсанас чIезабураб гIурхъи хвезабулеб букIиналъ ва инсанасул ихтияр, гьелъ гьесул намус ва къадру хвезабулеб букIиналъ.

Гьединлъидал, гъибат гьабиялъухъ тавбу гьабизе ккани, ракI-ракIалъ гьабураб ишалдаса пашманлъи, гьеб мунагь тей, Аллагьасе ﷻ хIели мунагьал чури тIалаб гьабун. Гьелдаго цадахъ, жинда нахъасан гъибат гьабурасда аскIовеги ун, тIаса лъугьаянги гьарун, лъикIаб дугIа гьабизе ккола. Цо-цо гIалимзабаз абуна, гьабураб гъибат лъалеб гьечIони, гьесда лъазабизе хIажалъи гьечIин, гьелъ гьесул рекIелъе пашманлъи реххичIого букIине. Гьединаб мехалъ ракIбацIцIадго тавбу гьабуни гIола ва гьезие дугIа гьабила. Амма нагагьлъун гьев чиясда лъани, гьесда тIаса лъугьаян гьаризе ва гьесулгун рекъел гьабизе хIаракат бахъизе ккола.

Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Жиндирго вацасе зулму гьабурав, гьесул намус хвезабурав, яги цогидаб жо гьабурав чияс жакъаго, я динарал, я диргьамал гьечIеб къо щвелалде, тIаса лъугьаян гьаре. Зулму гьабураб къадаралъ гьесул лъикIал гIамалал гьесие кьезе руго. ЛъикIал гIамалал гьечIони, жинда зулму гьабурасул мунагьал зулму гьабурав чиясда тIад лъезе руго», - ян.

Гьаб хIадисалъ муъминзабазда ракIалде щвезабулеб буго, дунялалда рес букIаго, жидерго калам цIунизе, цогидазулгун гьоркьоблъи бацIцIад гьабизе, тавбуялде гIедегIизе ккеялъул хIажалъи букIин.

 

Жабир Мажидов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...