Аслияб гьумералде

Иманалъул хIасил

Иманалъул хIасил

Иманалъул хIасил

Цо нухалъ ГIумар-асхIаб къасимехалъ къватIиве вахъуна Аслам абурав чигун. ГIадамазул ахIвал-хIал киндай бугебали балагьулеб заманалда, ГIумарида рагIула къадада нахъасан эбелалъулги ясалъулги хабар.

 

Жиндир вилаяталда ГIумар-асхIабас гьукъун букIана рахьдалъе лъим жубазабизе. Эбелалъ ясалда абула рахьдалъе лъим тIейин абун, ай базаралда бичизе букIине. Ясалъ эбелалда абула, дуда лъаларищин халифас гьеб иш гьукъун бугеблъи. Эбелалъ абула гьесда бихьулебищ бугебилан абун. Ясалъ жаваб гьабула ГIумар-асхIабасда лъачIониги гьесул БетIергьан АллагьасдагIаги лъалелъулилан абун.

ГIумар-асхIабасе цIакъ рекIее гIола ясалъул жаваб ва аскIов вукIарасда абула гьаб мина бугеб бакI ракIалда чIезабеян. Нахъисеб къоялъ ГIумарица гьесда абула дол чагIазул хIакъикъат лъазабейин ва дой ясалъул рос вугищали цIехеян.

Асламица цIех-рех гьабула ва ГIумар-асхIабида бицуна яс Бану Гьилал къапилаялдаса кколин, гьей росасдаги гьечIин абун. Цинги ГIумар-асхIабас жиндирго васал ахIула ва гьезда абула нужее кинасейин бокьилеб лъикIай гIадан лъадилъун ячинейилан абун. ГIабдуллагьицаги ГIабдурахIманицаги абула жидер лъудби ругин ва ГIасимица абула жиндие ячейин абун. ГIасимица гьей ячуна, цинги гьезие гьарула МухIаммад ва Лейла абун цIарал лъурал лъимал. Хадуб Лейла ячуна ГIабдулгIазиз ибн Марваница, цинги гьезие гьавула дунялалдаго машгьурав халифлъун вахъарав ГIумар ибну ГIабдулгIазиз. Балагье ясалъул диналъул бугеб мухIканлъи.

Цо нухалъ Сагьлу ибну ГIабдуллагьида гьикъула бацIцIадаб, хIалалаб жо щиб кколебилан абун. Гьес абула, хIалалаб жо кколин ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIасилъи жиндилъ гьечIеб. Амма бацIцIадаб, хIалалаб жо кколин жиндилъ Аллагь ﷻ кIочон толареб жоян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...