Аслияб гьумералде

Аварагасул тIабигIат ва лъимал рокьи

Аварагасул тIабигIат ва лъимал рокьи

Аварагасул тIабигIат ва  лъимал рокьи

ЛъикIлъи г1адамазе бокьула. Аварагасги берцинаб тIабигIаталдалъун халкъ Исламалде ахIана. Аварагас капурал гIадамазецин нагIана кьолароан, гьес жив Аллагьас рахIматлъун витIарав вугинги абулаан.

Гьес жиндиего квешлъи гьабурал гIадамаздаса рецIелги босулароан ва абулаан: «Я дир Аллагь, Дуца гьел битIараб нухда тIоритIе, гьезда лъалеб гьечIо», - ян. Щивасдехун гьес берцинаб тIабигIат хIалтIизабиялъул кутакалъ, щивасда ракIалде кколаан жиндаса хирияв чи гьесие ватиларин. АсхIабзабаз хIалалаб махсаро гьабуни, гьев хьимулаан, жинцагоги гьоркьо-гьоркьоб махсаро гьабулаан. Амма хIакъаб гурого бицунароан. Рихараб, бокьулареб жоги бадибе абулароан. Абулаан берцинго, хIеренго, насихIат гьабулаго.

АсхIабзабазе берцинал цIарал кьолаан ва гьезул ракIал рохизарулаан. Гьев вукIана бищун гIадамазда гурхIулев, бищун гьезие мунпагIат цIикIкIарав. Цо чияс квешаб жо гьабунин рагIидал, гьеб гьабурав чиясул цIарги абичIого, абулаан цо-цо чагIаз гьадинал квешал пишаби щайдай гьарулелин, ай квешлъиялдаса рикIкIалъизе гьелги кантIизарулаго.

Аварагасе гIисинал лъимал цIакъ рокьулаан. Какилъ вукIаго, как балел гIадамазул гIисинал лъимал гIодулел рагIани, гьес как хехго тIубазабулаан. Гьезда убач гьабулаан ва кодоре рачунаан. Нухда лъимал дандчIвани, гьезие салам кьолаан. Сапаралдаса яги гъазаваталдаса тIадвуссунаго, шагьаралъул рагIалде данде рачIарал асхIабзабазул лъимал гьес кодоре рачунаан ва цадахъ ругездаги амру гьабулаан гьел кодоре рачеян. Цинги лъималазда гьоркьоб дагIба ккедал, цояс абулаан жив Аллагьасул Расулас кодов ккунин, мунин абуни мугъалда ваччанин абун. Цогидас абулаан жив Аллагьасул Расулас кодов ккун вачанин, мунин абуни цогидасда ваччизавунин абун.

ЦIар лъезе бачIараб лъимер кодоб ккун букIаго кIущизе лъугьани, гьесул кIващ къотIизабичIого, кIущун вахъинегIан толаан. Муътаталда АбутIалибил вас ЖагIфар чIвараб мехалъ, гьесул рокъовеги ун, свалат-салам лъеяв Аварагас гьесул гIисинал лъимал кодореги рачун реэдана, гьезухъ балагьун, гьезда гурхIун гьесул бадиса магIу чваххулеб букIана. Жиндирго вас Ибрагьим унтараб къоялъги, гьевги кодове вачун, гьесда гIемер гурхIулев вукIана хирияв Авараг . Гьев хварав мехалъги свалат-салам лъеяв Аварагасул бадиса магIу чваххулеб букIана. Гьес ФатIиматил васал ХIасанги ХIусенги каранде къалаан, кодорги кколаан.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...