Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Шайих МухIаммад Рагъиб ТIабах ккола машгьурав тарихчи. Гьев гьавуна 1370 соналда, ХIалабалда. Гьес «Ас-Сакъафатул исламияту» абураб тIехьалда хъван буго: «Суфизм бугелъул нафсал къачIаялдаги хасиятал рацIцIад гьариялдаги абулеб жо, гьеб ккола цIакъго берцинаб нух», - абун.

 

 

МухIаммад Садикъ ГIуржун абурав профессорас «Ат-тасаввуфу фил ислам» абураб тIехьалда хъван буго: «Исламалда жаниб тасаввуф ккола дунялалъул букIа, диналъул букIа, ай киналго ишазулъ Аллагьасе ﷻ ракIбацIцIадго гIибадат гьабиялъул аслуялда тIад хIалтIулеб нух», - абун.

Анвар Жунди абурав профессорас «ГIаламиятул Ислам» абураб тIехьалда хъван буго: «Щибго щаклъи гьечIо суфизмалдаса бичIчIулеб жо, гьелъул хIасил исламалдалъун бачIараб букIиналда. Гьеб ккола дунялияб мурадги халгьабичIого, гIибадатги напсалъулгун жигьадги гьаби», - абун.

Абу-Наср Мубашшир ТIиразияв абун вукIана Туркестаналъул гIалимзабазул цояв. Гьес хъван буго: «Исламалъул тIоцересел къояздаса байбихьун цо бусурбабазул хасаб къокъа нахъбилълъана Аварагасул ﷺ суннаталда, Аллагь ﷻ рехсей тIаса бищиялда. Цинги гьел исламияб тарихалда хIакъал муъминзабилъун машгьурлъана, Аллагьасда ﷻ аскIор макъамаздеги рахана», - абун.

МухIаммад ХIусейн Аз-Заби абурав докторас «Ат-Тафсир вал муфасирун» абураб тIехьалда хъван буго: «Тасаввуфалъул магIна ккола рекIел шуршудиги рухIалъ бицунебги. Гьелда жаниб рацIцIалъи гьабизе бокьарасе рацIцIалъи буго тасаввуф», - абун. Хадубги хъван буго, рехсараб магIнаялъул тасаввуф исламалъул байбихьудаго букIанин абунги.

ГIабдуллагь ат-Талидица «Асбабу гьалакил умами» абураб тIехьалда хъван буго: «Тасаввуф буго исламалъул рухIги ракIги. Суфиявги ккола ихIсаналъул макъам хIакълъарав чи», - абун.

«Ас-суфият ва тасаввуф» абураб тIехьалда ГIаднан ХIакъи абурав шайихас хъван буго: «Суфизм исламалъул нух буго, гьелъул аслуги Аварагасул ﷺ хьвада-чIвади ккола. Гьебги кидаго Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялда чIезарулеб хIакъаб нух буго, жибги исламалъул ракI ва рухIлъун бугеб», - абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...