Аслияб гьумералде

Рамазаналъул хиралъи

Рамазаналъул хиралъи

 

Гьале тIаде щолеб буго рамазан моцI. Аллагьасе буго кинабго рецц, исанаги гьеб хирияб моцI нилъеда бихьизе рес кьуралъухъ. Рамазан моцIалъул хиралъабазул рицарал хIадисал аварагасул цIакъго гIемер руго. Гьезул цо-цоял рехселин.

 

«Рамазан моцI тIаде щведал алжаналъул каваби рагьула, жужахIалъул каваби къала ва шайтIабазда рахсал рала». «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Адамил лъимералъул бокьараб гIамал гьес жиндиего гIоло гьабулеблъун буго цохIо кIал кквей хутIун. КIал кквей Дие гIоло гьабула ва гьелъул кириги Дица ﷻ кьола» (Бухари).

Гьаб хIадис баян гьабун гIалимзабаз бицана кIал ккурав чиясда хадуб сахаб къоялъ халгьабун гIадамал рукIунарелъул, кIал кквей кколин бищун дагь рияъ жинда хурхунеб гIибадатилан. Гьелъул хIисабалда цого-цо кIал кквеялъ баян гьабула инсанасул Аллагьасе ﷻ бугеб мутIигIлъи.

«Дир напс кверщаликь бугев АллагьасхIаги ﷻ, кIал ккурав чиясул кIалдиса бачIунеб махI Аллагьасда ﷻ аскIоб мискалъул махIалдасаги берцинаб буго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Дие гIололъун лагъзаз квен, лъим ва жидеего бокьараб тана», - абун. (Абу Давуд, Ибн Мажагь)

«Рамазан моцIалъ тIубараб паризаяб гIибадаталъул кири 70 нухалъ цIикIкIинабун хъвала, суннатал тIураялъул кири - парз тIубарабгIан хъвала». (Бухари, Муслим)

«Аллагьасдасан ﷻ кири щвеялда хьулгун рамазан моцIалъ сардал гIибадаталда тIамулев чиясул цере арал мунагьал Аллагьас ﷻ чурула». (Бухари)

«КIалкквей хъалхъан ккола. КIал ккурав чи къваригIел гьечIеб жоялдаса рикIкIалъе ва жагьилчагIазда релълъун вукIунге. Цонигияв лъугьани гьевгун къацандизе ва къваригIел гьечIел хабар рицине, гьесда абе дица кIал ккун бугин абун». (Бухари)

«Аллагьасе ﷻ гIоло цо къоялъ кIал ккурав чиясул гьумер ТIадегIанав Аллагьас ﷻ 70 соналъул нухлул манзилалъ жужахIалдаса рикIкIад гьабула». (Бухари, Муслим)

«Лайлатул Къадриялъул сордоялъ ЖабрагIил малаик, цогидал малаикзабазул къокъагун, ракьалде рещтIуна. Гьеб сордоялъ Аллагьасе ﷻ гIибадаталда сордо тIамуразе дугIа гьабун Аллагьасда ﷻ гьарула гьез. Цинги гIидалъул къоялъ Аллагьас ﷻ гьел малаикзабазда абула: «Я, Дир ﷻ малаикзаби, жиндир хIалтIи лъикI гьабурав чи кинаб шапакъаталъе мустахIикъавлъун вугев?» - илан. Гьез абула: «Я, нижер Аллагь, гьев чиясе тIубараб шапакъат кьезе ккола», - ян.

 

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...