Аслияб гьумералде

Щай? Ва нахъеги щай…

Щай? Ва нахъеги щай…

Щай? Ва нахъеги щай…

Щай нилъеда ракIалде кколеб щуго минуталда жаниб балеб какалда тIад сагIатгIанасеб заман инабизе кколин абун? Щай нилъее таравихIал разе захIмалъулел? Щай Къуръаналъул лъабго тIамач хIалихъего цIалулеб? Щай вотцапалда жанире лъугьаралдаса араб кIиго-лъабго сагIат дагьаблъун бихьулеб?

Щай кIиго сагIаталъ халатбахъараб киноялъухъ балагьизе бигьалъулеб, лъабго-ункъо минуталъ балеб как захIмалъулеб? Щай сардилъ рахъун гIибадат гьабизе захIмалъулеб, ЮФСалъ тIобитIулеб рагъухъ ралагьизе радал бигьаго тIаде рахъунел? Гьел ва гьединалго цогидалги суалазе жавабал кьезе батIаго захIмалъиларинги ккола.

Щайгурелъул гьениб бугелъул гьединал жалазде нилъер рокьи букIиналъул гIаламат. Напсалъе бокьулеб жоялъухъ балагьизе нилъеда гIиллаги заманги батула. Ахираталъе пайдаяб жо гьабизе цIакъ кIвахIаллъула. Гьедин букIуна нилъер ракI напсалъе бокьарал жалазда цIакъго хурхун бугеб мехалда.

Салафу-салихIуназ кин Къуръан цIалулеб букIараб? Рамазан моцIалда жаниб чанго нухалда лъугIизабулеб букIун буго Къуръан цIалун. Гьедин бициндал гьанже ругел нилъеца гIажаиблъиги гьабула. ХIакъикъаталдайин абуни гьениб гIажаиблъизе щибго жо гьечIониги. Масала, имам ШафигIияс рамазан моцIалда жаниб 60-гIанасеб нухалда Къуръан цIалун лъугIизабулаан. Какилъги цIалулаан Къуръан.

Имам Маликица бицун буго, ГIумар бин ХIусейница щибаб сордоялъ Къуръан цIидасан тIа-тIавуссун цIализе байбихьулаанин абун.

Гьадинал къисаби рагIидал пуланав чияс муфтиясда цIехон буго кинин гьедин гьабизе кIолебилан абун. Муфтиясги жаваб гьабун буго, жакъа телефон-интернеталде гIадин нилъ Къуръаналде руссун рукIаралани, нилъецаги моцIида жаниб 30-40 нухалда Къуръан лъугIизабизе букIанин абун. ХIакъикъат гьединаб буго, расги пайда гурел ишазда тIад нилъеца гIемераб заман гIадада хвезабулебги батула.

Гьелдаса пашманлъулареб жо букIунарин Къиямасеб къоялъгийилан абула. Цере рукIарал гIалимзабаз чед лъелъги ччун кваналеб букIун буго, гьеб чIамиялда тIад заман хвезабичIого букIине. Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее заманалъул къимат гьабизе ва гьеб пайдаяб куцалда тIобитIизе.

Амин!

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...