Аслияб гьумералде

Баракат букIуна

Баракат букIуна

Баракат букIуна

 

Аварагасухъе ﷺ Мадинаялда жиб рещтIараб хирияб Къуръаналъул кIиабилеб сура ккола «Бакъарат». Гьеб рещтIана Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб ва гьеб ккола бищун халатаб сураги.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб сураялъулъ нилъее гIадамазул лъабго тайпаялъул баян гьабулеб буго: Къуръаналдасан пайда босулел гIадамазул, гьелъул пайдаялдаса махIрумлъулезул ва гьелда нахърилълъун ругин абун ххвел гьабулезул.

ХIадисазулъ бицана «Бакъарат» цIалараб рокъоса шайтIан лъутулинги. Гьелъул ахирисеб кIиго аят къаси цIаларав чиясе гьелъ гIей гьабила. Лъабго сардилъ гьеб цIалараб рокъобе шайтIанги къаларо.

Бухарияс бицараб хIадисалда буго инсанасул сураталда Абу Гьурайратида аскIобеги бачIун шайтIаналъ абурабила: «Кьижизе вахунаго байбихьудаса лъугIизегIан «Аятул Курси» («Бакъараталъул» 255 аят) цIалани дуда аскIов кидаго Аллагьасул ﷻ рахъалдасан хъаравул вукIина ва рогьинегIан шайтIаналдаги дуда аскIобе къазе кIвезе гьечIо», - ян. (Бухари)

Абу СагIид Худрияс бицана цо къоялъ сардилъ Усайд ибн ХIузайрица сурату «Бакъарат» цIалулаго, гьесда аскIоб букIараб чу рахIатхун лъугьанин. Гьес цIали къотIизабидал чу гIодобе биччан лъугьана. ЦIидасан цIализе байбихьидалги чу рахIатхун лъугьана. Усайдица абуна: «Дун хIинкъана гьелда аскIов вукIарав дир вас гьелъ мерхьинин абун. Дун чода аскIов чIана ва бетIералда тIадехун, тIад чирахъалги ругеб тIокъоялда релълъараб жо бихьана. Гьеб тIокъо гьабугьин зодобе ине байбихьана ва кватIичIого тIагIун ана.

Хадусеб къоялъ Аварагасухъеги ﷺ ун лъугьараб бицана. Бицаралъухъги гIенеккун, Аварагас ﷺ абуна: «ЦIали къотIизе тезе бегьулароан дуца», - ян. Ибну ХIузайрица абуна: «Дица цIалулеб букIана ва амма чу гIодобе биччалеб букIинчIо», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Духъ гIенеккарал малаикзаби рукIана гьел. Дуца цIали къотIизе тун букIинчIебани гIадамазда гьел малаикзаби радал рихьизе рукIана. Малаикзабиги гIадамаздаса рахчизе рукIинчIо», - ян. (Бухари)

Къуръан цIалулесе гьелъ Къиямасеб къоялъ шапагIат гьабула. Кидаго «Бакъарат» цIалулев чиясул рокъобе баракат рещтIуна ва гьеб цIализего цIалуларезул ракIбуссиналъе сабаблъун букIуна.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...