Аслияб гьумералде

ХIежалде хIадурлъулеб моцI

ХIежалде хIадурлъулеб моцI

ХIежалде хIадурлъулеб моцI

Шаввал моцIалда хадуб, гьижрияб календаралда рекъон, байбихьула зулкъагIида. Аварагасул r заманалда гьеб моцIалъ гIарабияз сапарал гьарулароан. ЗулкъагIида ккола ТIадегIанав Аллагьас рехсарал рагъ хIарам гьабурал ункъо моцIазул цоябги.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна):

«Аллагьасда аскIоб моцIазул къадар буго анцIила кIиго. Гьаб хIукму лавхIулмахIфузалда хъван буго Аллагьас зобал-ракьал рижараб мехалъго. Гьеб анцIила кIиго моцIрол ункъо моцI буго жиделъ рагъ гьаби хIарам гьабурал (зулкъагIида, зулхIижа, мухIаррам, ражаб)», - ян (сурату «Тавбат», аят 36).

Гьал цере рехсарал моцIазулъ рагъ гьабизе хIарамаб буго, амма тушман тIаде кIанцIани гьел нахъе чIвазелъун рагъ гьаби хIарамаб гьечIо. Гьел моцIаз гьабураб мунагьалги, цогидал моцIазда дандеккун, кIодо гьабун хъвала. ТIадегIанав Аллагьас цебе рехсараб аяталда жеги абуна (магIна):

«Нужеца нужерго напсазе зулму гьабуге гьал моцIазда жаниб гIасилъаби ва хIарамал жал гьарун», - илан (сурату «Тавбат», аят 36).

Гьел моцIаз кIал кквеялда тIасанги аварагас лъабго нухалъ такрар гьабун абуна:

«Рагъ хIарам гьабурал моцIаз кIал кквей ва биччай, рагъ хIарам гьабурал моцIаз кIал кквей ва биччай, рагъ хIарам гьабурал моцIаз кIал кквей ва биччай», - илан. (Абу Давуд)

Шаввалалдаса байбихьула хIежалъул моцIал. Ва хасго зулкъагIидаялъ хIажизабаз байбихьула къайи хIадуризе, хIежалда хурхун гIелмиял тIахьал цIализе, дугIаби лъазаризе. ХIеж ккола исламалъул щуабилеб рукну. Цере рукIарал умматаздаги ТIадегIанас тIадкъан букIана гьеб гIибадат.

Къуръаналда рехсон буго ТIадегIанав Аллагьасул амруялдалъун Ибрагьим ва гьесул вас ИсмагIил аварагзабаз КагIба баялъул хIакъалъулъ. Цинги Ибрагьим аварагасде амру гьабуна хIежалде гIадамал ахIеян. Гьелъул хIакъалъулъ Къуръаналда буго (магIна):

«КагIба бан лъугIидал Дица Ибрагьим аварагасде амру гьабуна: «Дуца гIадамаздеги ахIе ва гьезда лъазеги гьабе гьаб Аллагьасул рукъалде рачIун нужеца хIеж гьабеян. ГIадамал КагIба-рукъалде хIеж гьабизе рачIине руго жидерго хIатIазда рилълъун ва рикIкIадаб сапаралдаса жал свакарал ва хIалакъал варанабазда рекIунги», - ян (суратул «ХIаж», аят 27).

Савиялъул тафсиралда хъвалеб буго:

«Ибрагьим аварагас гIадамазде хIеж гьабизе рачIаян ахIи байдал, мугIрул гIодор тIиритIана ва росаби рорхана. ТIоцебе гьесул ахIиялъе жаваб кьурал Йеменалъул агьлу букIана. Гьеб къоялдаса байбихьун Къиямасеб къо щвезегIан хIеж гьабизе ругел гIадамазул заррабаз «лаббайка» абун Ибрагьим аварагасул ахIиялъе жаваб гьабуна», - илан.

ЧанцIул жаваб гьабун батаниги гьедигIан нухалъ ахIула ТIадегIанас гьев инсан хIежалдеги. Аллагьас гьеб ахIиялъе гIемер жаваб гьабураллъун гьареги нилъ. Амин!

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...