Аслияб гьумералде

Бищун къадруяв

Бищун къадруяв

ГIадамазда гьоркьов бищун къадруяв хирияв МухIаммад авараг гьавуна Маккаялда, милладияб календаралда рекъон, 571 соналъул рабигIул авал моцIалъул 12 къоялъул рогьалилъ.

 

Гьеб сон гIарабазда гьоркьоб лъалаан пилалъул сон абун, щайгурелъул, Йеменалъул хIаким Абрагьат КагIба биххизабизе къасдгун Маккаялде аскаргун ва рагъулал пилалгун вачIана. Амма ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жиндирго Рукъ цIунана.

Авараг ﷺ вукIана къурайшиб тухумалдаса, гьашимил къадруяб кьибилалдаса, Ибрагьим аварагасул вас ИсмагIил аварагасул наслуялдаса. Гьесул эмен ГIабдуллагь ибн ГIабдулмутIалиб гьев гьавилалдего хвана, эбел - Аминат бинт Вагьб, гьес ﷺ анлъго сон бараб мехалда хвана.

Исламияб умматалъул гIалимзабаз гIемераб кIвар кьуна Аллагьасул Расул ﷺ гьавиялъул суалалде. ГIемерисел гIалимзабазул пикру букIана гьев гьавунин рабигIул авал моцIалъ абураб. Гьелъул хIакъалъулъ имам КъастIаланияс хъван буго, Авараг ﷺ гьавураб моцIалда хурхун цогидал пикраби рукIаниги, рабигIул авал моцIалъ гьави гIалимзабазда гьоркьоб бищунго гIатIидго къабул гьабураб букIанин.

Исламалъул гIалимзабаз хасаб кIвар кьолаан Авараг ﷺ рабигIул авал моцIалъ гьавиялда бан бугеб хIикматалъе. Имам ибн ХIажар Гьайтамияс баян гьабуна, гIадамаз Аллагьасул Расул ﷺ кIодо гьави цохIо заманалъул къадруялда хурхинабичIого букIине. Гьелъул гIаксалда, рабигIул авал моцIалъе хасаб кIодолъи кьуна жиндилъ Авараг ﷺ гьавиялъ.

Гьединабго пикру загьир гьабуна имам ГIабдур-Рауф ал-Мунавиясги. Гьес хъвана гIадатияб моцIалъ Авараг ﷺ гьавиялъ тIадчIей гьабулин гьесул ﷺ жиндирго кIодолъиялда ва Аллагьасда ﷻ цебе бугеб тIадегIанаб даражаялда.

ГьитIинаб къоялдасаго Авараг ﷺ, цогидал лъималаздаса, ватIавахъулаан ритIухълъиялъ, тIадегIанаб гIамал-хасияталъ. Гьесул авараглъи байбихьилалдего Маккаялъул гIадамаз гьесда абулаан «Ал-Амин», ай «Божилъи бугев» абун. Щайгурелъул, гьесда тIубанго божилъи букIана ва гьев лъалев вукIана тIадегIанаб яхI-намусалъул ва ритIухъав чи хIисабалда.

Авараг гьавиялдалъун байбихьана инсанияталъул тарихалда жаниб цIияб заман. Чанго анцIго соналда жаниб ислам тIибитIана гIарабазул чIинкIиллъиялдаса гIемер рикIкIаде. Аллагьасул Расуласул ﷺ малъа-хъваяз бачIана гIелму, ритIухълъи, гурхIел-рахIму, инсанасул къадру-къиматалъул адаб-хIурмат. Жакъаги дунялалдаго миллионал бусурбаби гьесул ﷺ нухдасан унел руго ва гьесул ﷺ хирияб хасияталдаса мисалги босула.

Аварагасул ﷺ гIумру инсанияталъе кIудияб баракатлъун лъугьана. Гьесдалъун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIадамал рачана ширкалъул ва жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса иманалъул, ритIухълъиялъул, цохIо Халикъасе ﷻ гьабулеб гIибадаталъул нуралде. Аварагасдехун ﷺ бугеб рокьи, гьесул ﷺ гIумруялъул цIех-рех гьаби, суннатазда хадуб щивав бусурбанчиясул гIумруялъул хIажатаб бутIа буго.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...