Аслияб гьумералде

Къокъабго баян

Къокъабго баян

Инсанияталъул тарихалда бусурбабазе МухӀаммад авараггӀан ﷺ кӀвар бугев чи вижичIо. Гьесул гӀумру ккола дунял-гIалам бижиялдаса Аллагьасул ﷻ мурад тIубай, яхӀ-намус берцинаб гIамал-хасияталъул камиллъи, муъминзабазе нух бихьизаби. Къуръаналда абуна: «ГӀаламалъего рахIмат», - абун. Гьесул рукIа-рахъин лъугьана ритӀухъаб гӀумруялъе мисаллъун.

 

 

Гьев ﷺ гьавуна 571-абилеб соналъ Маккаялда, пилалъул соналъ. Гьев ﷺ ккола Гьашим абураб кьибилалъул, Къурайш абураб тухумалдаса. ГьитIинаб къоялъго бесдал хутIун (эмен гьесул ﷺ хвана гьев жеги эбелалъул ургьив вукIаго, эбел – гьес анлъго сон бараб мехалъ) гьесул тIалаб гьаби тIаде босана кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица, хадуб - имгIал Абу-ТIалибица. Жиндир берцинаб гIамал-хасияталъ, вукIа-вахъиналъул гьайбатлъиялъ гIолохъанал соназго гьесие маккаялъулаз кьун букIана «ал-Амин» (божилъи бугев, хиянат гьабуларев) абураб тIокIцIар.

40 сонил ригьалда, ХIираъ абураб Маккаялда аскIоб бугеб нохъода Аллагьасул ﷻ махлукъатазул пикру гьабун гIибадаталда вугелъуб, ЖабрагIил малаик вачIун, гьесухъе рещтIана Аллагьасдасан ﷻ тIоцебесеб вахIю. Гьесул ﷺ авараглъиялда тIоцебе божарал ккола: лъади Хадижат, вацгIал ГIали ибну Абу-ТIалиб, гIагарав гьудул Абубакар. Хадуб, 13 соналда жаниб, гьес ﷺ Маккаялъул гIадамал ахIана Аллагь ﷻ цо гьавун исламияб диналде, хIехьезе ккана захIмалъигун гIакъуба.

622 соналъ, Аллагьасул ﷻ рахъалдасан изну щун, Аварагас ﷺ гьабуна Мадинаялде гьижра. Гьеб лъугьа-бахъин ккана гьижрияб абун исламияб рикIкIен байбихьиялъе аваллъун. Хадуб, Мадинаялда бана тIоцебесеб мажгит, гIуцIана бусурбабазул уммат, байбихьи лъуна исламияб пачалихъалъе.

Мадинаялда Аварагасухъе ﷺ рещтIана социалиялгун правовиял гьоркьорлъаби низамалде ккезарулел гIемерал аятал.

23 соналда жаниб Аварагас ﷺ гIадамазухъе щвезабуна Аллагьасул ﷻ амру-нагью, тIадкъаял, вахIю – Къуръан. Къо-лъикI гьабиялъулаб хIежалда гьабураб Аварагасул ﷺ вагIза лъугьана тIолалго бусурбабазе васиятлъунги. Аварагас ﷺ панаяб дунял тана 63 сон бараб мехалъ, Мадинаялда. Гьес ﷺ нахъе тана кIудияб бечелъи – миллионал гIадамал цолъизарун данде гьарураб дин-ислам.

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул ﷻ расуласулъ ﷺ нужее букIана берцинаб мисал», - абун. Гьесул ﷺ нух лъазабиялъулъ нилъеда батула гIумруялъулъ дандчIвалел суалазе жавабал ва берцинаб тIабигIат-гIамалалда гIумру тIамиялъе цебехъанлъи.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее гьесул ﷺ нух ккун хьвадизе ва ахираталда гьесул ﷺ шапагIат щвараздасаги гьареги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...