Аслияб гьумералде

Алжан кин гIатIилъулеб?

Алжан кин гIатIилъулеб?

Ибну Мубаракица «Ибриз» абураб тIехьалда хъван буго: «Дида рагIана ГIабдулгIазиз Дибагъица абулеб, аварагасде ﷺ битIараб салават къабул гьабулин абун».

 

Гьединго ибну Мубаракица абуна: «Щибго щаклъи гьечIо салават битIи бищун хирияб гIамал букIиналда. Алжаналъул рагIалда ругел малаикзабаз гIемер цIалула салават. Аварагасде ﷺ салават цIалиялъул баракат ккола гьенир ругел малаикзабаз цIалидал алжан гIатIилъулеб. Гьел малаикзабаз салават цIали толаро ва алжанги гIатIилъулеб букIун чIоларо. Алжан гIатIилъулеблъун чIоларо малаикзаби тасбихIалде руссинегIан. Гьелги гьелде руссунаро Аллагьас ﷻ алжаналъул агьлу жанибе битIизегIан. Алжаналъул агьлу жанибе битIун хадуб гьел малаикзаби тасбихIалде руссуна, ай гьез Аллагь ﷻ кидаго вацIцIад гьавизе вуго. Гьеб мехалъ алжаналъул гIатIилъи чIола. Гьебги буго аварагасде ﷺ салават цIалиялъул баракаталъ бугеб жо».

Щайха хас гьабун салаваталъ алжан гIатIид гьабулеб, тасбихIалъ ва цогидал азкараз гьабичIого? Гьелъие ибну Мубаракица гьадинаб жаваб кьуна: «Алжан хас гьабун салаваталъ гIатIилъула алжаналъул аслу нуралдалъун бижун букIиналъ. Алжан аварагасухъ ﷺ урхъун букIуна, вас инсухъ урхъун вукIуневго гIадин. Гьелда аварагасул ﷺ цIар рехсолеб рагIидал, гьеб бохула ва гIатIилъула. Авараг ﷺ ва гьесул уммат алжаналде лъугьиндал, гьеб бохула ва гьезие гIатIилъула», - ян. 

Имам Факигьаниясдасан имам Сахавияс бицана: «Аварагасе ﷺ салават Аллагьас ﷻ хас гьабун кьуна, цогидал аварагзабазе кьечIого. Къуръаналда ва цогидал бакIазда бихьичIо цогидал аварагзабазе гьеб кьунин абураб магIна», - ян.

Сагьлу ибн МухIаммад ибн Сулайманидасан бицана: «Аллагьас ﷻ авараг ﷺ Жинцаго ва малаикзабаз салават битIун хира гьави цIикIкIун хирияб буго малаикзабаз, Аллагьасул ﷻ амруялдалъун, Адам аварагасе сужда гьабиялдаса. Щайин абуни, Аллагьас ﷻ цин Жинцаго ва хадуб малаикзабазги битIиялъ аварагасде ﷺ салават», - ян.

Имам Сахавияс абуна: «ГIалимзабазул ижмагI буго гьаб аяталъ аварагасул ﷺ хиралъи баян гьабунин абун цогидазде дандеккун», - илан. 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...