Аслияб гьумералде

Кваназеги лъай

Кваназеги лъай

Кваназеги лъай

Квен ккола чара гьечIого инсан жинде хIажалъулеб жо. Исламияб диналъ инсан битIун хьвадиялъул киналниги рахъал жанире рачуна. Квен кванайги гьоркьоса бахъараб гьечIо. Халгьабидал, кванил адабазул цебе бисмиллагь бахъи, ахиралда алхIамдулиллагь лъей гурого цогидал адабал гIемерисезда лъалелго гьечIо. Кваналелъубги гIицIго чехь цIей ва гIорцIи гуреб батIияб ният букIунеб гьечIо.

 

Бищун цебе лъазе ккела вакъун гурони кваназеги ва гIорцIилалде квен тезеги цIакъго беццараб букIин. Кванда цебе кверал чурила. Гьалбал ругони, кванда цебе дуцаго байбихьила кверал чуриялдалъун ва кванда хадуб тIоцебе гьел риччала кверал чуризе.  Кванда цебе бисмиллагь бахъила, «бисмиллагь» абунги тезе бегьула, амма камилго бахъизе хирияб буго. Щибаб лукъма кIалдиб лъолелъубги бисмиллагь бахъизе лъикIаб буго. Гьебги кваниде бугеб гIишкъуялъ Аллагь ﷻ рехсеялдаса машгъул гьавичIого вукIине. Бисмиллагь рагIун бахъила цадахъ кваналездаги ракIалде щвезелъун ва гьелъул кириги нилъее щвезе букIине. Авалалда бахъизе кIочон батани, «бисмиллагь аввалагьу ва ахирагьу» абила ракIалде щваралъуб. Бусурбанчияс бищунго кIвар кьезе ккола какие чуриялда кванаялде, гьелъ гIибадат-тIагIат гьабиялъе кумек гьабула. ГIодове виччан, гIедегIичIого кванараб квералъ кванала, цIамалдалъун байбихьила, лукъмаби гьитIинал кванала, лъикI чIамичIого къулчIиларо, кIалдиб бугеб тIагIам лъугIичIого цогиябги босиларо. Цебе лъураб квен какиларо ва гIайибал чIваларо. Хирияв Аварагасги ﷺ квен какулароан, бокьани кваналаан, бокьичIони кваначIого толаан, амма какулароан. ХIурматияв чиги вукIаго, гьесдаса цеве кваназеги байбихьиларо, живго цевесев вугони, цогидал балагьун чIезаричIого, хехго кваназе байбихьила. Гъадароялъул бакьулъан, бищун тIасан кваналаро, жиндаго цебе бугеб рагIалалдасан кванала. Гьанги чедги бекун кванала, нусалъ къотIизе лъикIаб гьечIо, гьелдаса Аварагас ﷺ нахъчIвалел руго. Чадида тIад щибго жо лъеларо, гьелда цадахъ кваналеб хIан, нах гIадал жал хутIун. Чед ва цогидаб квен гIодоб бортидал кодобе босила, шайтIаналъе теларо. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужер кванил лукъма гIодобе бортани, кодобе босе, гьелда бахараб хъублъиги инабе, гьеб щайтIаналъе тоге, квербацIалъ кверги бацIцIунге цин килщал чIчIикIичIого, нилъеда лъаларелъулха жиндир кинаб тIагIамалда баракат бугебали».

БухIараб кванде пуйзеги лъикIаб гьечIо ва пун кванараб кванилги инсанасе зарал буго. ГIодове виччан квен кваназе кIолеб хIал лъугьинегIан чIела ва цинги кванала. Гьединлъидал, квен цебе лъолелъубги цIакъго бухIараб лъеларо. Кванан лъугIидал, кIалдибе дагьаб цIам босила, гьеб лъабкъоялда анцIго унтуе дару кколиланги абун буго. «АлхIамдулиллагь» абун Аллагьасе ﷻ реццги гьабила кьурал нигIматазухъ, ахиралда квералги чурила.

 

Жабир Мажидов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...