Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ чалма

Аварагасул ﷺ чалма

Аварагасул ﷺ чалма

Чалма ккола тIакъиялда сверун жемулеб бокьараб чIорто. Чалма базе суннатаб буго хасго как балеб мехалъ. Аварагасул чалма гьоркьохъеб хIалалъул букIана. Чалма букIана Аварагас тIадчIей гьабураб суннат. Жабиридасан бицараб хIадисалда буго: «Макка бахъидал Авараг гьениве жаниве лъугьиндал гьесда тIад букIана чIегIераб чалма», - ян.

 

Цо-цо бану мугIтасимаз абуна гьеб чалма Аварагасул ﷺ имгIал ГIабасие кьунин. Гьелдаса хадуб халифлъун вахъарасда жемулебги букIанин.

Аварагас ﷺ чалмаялъул чIоло биччалеб букIана богьнологода гьоркьоса. НафигIица бицана ибну ГIумарицаги гьедин гьабулеб букIанин. ГIубайдуллагьица абуна: «Дида бихьана Къасимицаги Салимицаги гьединго гьабулеб», - ян. ЦIакъ къанагIат гурони Аварагас ﷺ чалмаялъул чIоло биччачIого течIо.

Аварагас ﷺ цин-цин чалмаялъул чIоло биччана кваранаб рахъалде гIагар гьабун. Гьебги Аварагасул ﷺ суннат ккола.

Аварагасул ﷺ хъахIаб тIагъур букIана. Цо-цо мехалъ Аварагас ﷺ гьеб лъолаан чалмаялда гъоркьан ва цо-цо мехалъ жибго тIагъур лъолаан чалмаги гьечIого. Цо-цо мехалъ жибго чалма бухьунаан.  Аварагас ﷺ йеменазул тIагъурги лъуна.

Аварагас ﷺ цо нухалъ гьеб тIагъур, как балеб мехалъ, сутрат гIадин жиндаго цебе лъуна. Сутрат гIадин лъолеб букIана цогидаб лъезе жо батичIеб мехалъ.

Аварагасул ﷺ букIана сахIаб абун цIар бугеб чалма ва гьеб ГIали-асхIабие сайгъатлъун кьуна.

Цо-цо мехалъ ГIали-асхIаб гьеб чалмагун тIаде вачIунелъул, Аварагас ﷺ махсаро гьабун абулаан: «Нужехъе ГIали накIкIулъан вачIанин», - абун. ГIали-асхIабас абуна: «Аварагас ﷺ чалма дида къалеб мехалъ цояб рахъ богьнолагаялдасан биччана ва абуна: «Бадруялъул ва ХIунайналъул гъазаватазда гьадин чалмаги къан малаикзабаз дие кумек гьабуна», - ян.

Аварагас ﷺ асхIаб цо бакIалде амирлъун витIулелъул гьесда чалма къалеб букIана.

Имам СуютIияс чалма рикIкIана умматалъул хаслъабаздасан. ШархI Зайлаисул тIехьалда буго, вагIза, хутIба цIалулеб мехалъ хъахIаб чалма къазе суннатлъулин абун.

«Мадхал» абураб тIехьалда буго, чалма къазе суннатаб бугин вахъунги чIун, тIажу ретIине кколин гIодовги чIунилан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...