Аслияб гьумералде

Алжан щвезе рес

Алжан щвезе рес

Аби буго, чIужу лъикIасул бащдаб дин цIунарабин абураб. Росасул бащдаб дин цIунарайлъун йикIин чIужугIаданалъе кIудияб даража буго. КIудияблъунги кин букIинареб, дунялалда йигебгIан мехалъ гьесул иш баракатго иналъе хIалаеги йигей, хун хадуй жийго алжаналде ккеялъе сабаблъунги гьеб иш букIаго. Росасул разилъи – Аллагьасул ﷻ разилъийин батула хIадисазда.

 

Аварагас ﷺ бицун буго дунялалда бугелъул бищун лъикIаб кколин ритIухъай чIужуйин абун. Жиндир умматалъул бищун лъикIал руччаби рехсолаго Аварагас ﷺ абун буго, гьел ругин жидехъ магьари тIалаб гьабулаго дагьалда къокълъун чIолел ва росазе ракI рагьун рази рукIунел руччабийилан.

Руччабазе малъа-хъваял гьарулаго Гьес ﷺ кутакаб кIвар кьолаан гьез жидер росал рази рукIунеб гIамал гьабиялде, гьел кантIизарун. ХIусайн ибну МихIсан абурав чияс бицунеб буго, жиндир ункъгIалалъ абунин: «Цо нухалъ пуланаб къваригIелалъ Аварагасухъе ﷺ щведал, Гьес ﷺ дида цIехана: «Дур рос вугищ?» - абун. «Вуго», - ян дица абидалги, Аварагас ﷺ цIехана: «Кинаб хIал бугеб нужеда гьоркьоб?» - абун. Дица абуна: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, дихъа бажарараб дица гьесие гьабула», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «…Мун цIодорго йикIа, рос вуго дуе Алжанги жужахIги», - абун. (ХIаким)

Дунялгун ахираталъул ургъел бугей чIужугIаданалъ хIаракат бахъизе ккола росасул разилъи, гьес малъараб (диналдаса бахъун кколареб жоялъулъ) гьабун хьвадизе. Гьеб буго чIужугIаданалъе бигьаяб нухги Аварагас ﷺ рехсараб Алжан щвеялъе сабабги.

Цоги, хIисаб гьабе Умму-Саламатица бицараб хIадисалда абулелъул. Гьелъ бицана Аварагас ﷺ абунин: «Алжаналде лъугьине йиго, дунялалда йигебгIан заманалъ жиндаса рос рази вукIарай чIужугIадан». (Тирмизи)

ГIакъилай чIужугIаданалъ жиндие бигьаяб тIасаги бищила. Гьебги буго кинабниги ишалъулъ, абулелъул, малъулелъулъ, гьабулелъулъ рос витIаравлъун, жиндир бетIергьанлъун, цевехъанлъун гьави. Гьеб хIал чIужугIаданалъ цIунани, гьей йикIуна хIадисазда рехсараб мутIигIлъи жиндилъ бугейлъун. Цинги мутIигIлъиги лъугьуна гьелъие Алжан щвеялъе аслияблъун.

Гьединлъидал, росасе арай щияй чIужугIаданалъ пикру гьабе бигьаяб нухалдалъун Аллагьасул ﷻ разилъи батизе бугелъул. Кидаго гуро нилъее бокьухъе лъугьунеб, захIмалъи гьечIого букIунаро, амма берцинаб куцалда бачине лъани, малъулелдаса хIисаб гьабун дарсги босани, рекъараб хIал лъугьуна, бигьалъиги бачIуна.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...