Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ пашманлъи

Аварагасул ﷺ пашманлъи

Аварагасул ﷺ пашманлъи

Аварагасул пашманлъи ва гIоди букIана релъиялда релълъараб. ГIодулелъулги Гьев гьаракь биччан гIодулароан. Амма берал магIил цIолаан ва чвахун рачIунаан, аскIов вугесда ургьисан хъирхъири-сасги халлъулаан. Хварасда хадув гIодулелъулги, гьесдехун бугеб гурхIелалъ, хIал хисун гIодулаан.

 

Умматалъул бугеб тIалабалъ ва БетIергьанасул ццим бахъин щвеялда хIинкъун букIунаан гIемерисеб гIодигун пашманлъи. Жеги гьев гIодулаан Къуръан цIалулелъул яги сардилъ вахъун тIагIат гьабулелъул, суннатал какал ралелъул. Как бан лъугIидал, Аллагьасдехун вуссун, Гьес гьарулаан: «Я дир Аллагь ! Дуца дие къотIи гьабичIищ гьезие (Маккаялъул агьлуялъе) гIазаб гьабиларин дун гьезда гьоркьов вугебгIан заманалъ ва гьез (муъминзабаз) жидер мунагьазда тIаса лъугьин гьарулеб бугебгIан мехалда? (Гьале) Нижеца Дуда тIаса лъугьин гьарулеб буго!» - ян. (Муслим)

ГIабдуллагь ибну Шихирадасан бицун буго: «Цо нухалъ дун щвана Аллагьасул Расуласухъе . Дида гьев как балев ватана. Гьев вугоан гIодулевги. (Как бан лъугIизегIан аскIов вахъун чIарав) дида, цIеда лъун гьалдолеб бугеб хьагил кинниги, гьесул карандаса рагIулеб букIана хъирхъири-сас», - абун. (Муслим)

ГIабдуллагь ибну МасгIудица бицана: «Цо нухалъ Аллагьасул Расулас дида абуна: «Дие Къуръан цIале», - ян. Дун гIажаиблъана ва абуна: «Я Аллагьасул Расул ! Кин дица цIалилеб, гьеб рещтIинго дуде бугеб мехалъ», - абун. Аварагас абуна: «Дие бокьула цогидаз гьеб цIалулелъул гIенеккизе», - ян. Цинги дица байбихьана «ан-Нисаъ» сура цIализе. 41-абилеб аяталде щун (жиндир магIна гьадинаб бугеб): «Къиямасеб къоялъ кин букIинеб, Нижеца щибаб умматалдаса нугIлъи гьабулев вахъинавидал Аллагьасда божичIезул иш, мунги Нижеца вахъинавила дур умматалъул гIадамазе нугIлъи гьабулевлъун», - абураб аят цIалулелъул дида рихьана Аллагьасул Расуласул берал магIил цIун», - ян. (Бухари, Муслим)

Амма Аварагас биччалароан гьаракь гьабун гIодизе. ГIагарав чи хвараздаги абулаан гьединаб гIоди Аллагьасул ццим бахъинабулеблъун бугин. РакIунтун бачIунеб магIу абуни, гьеб бугин хварасдехун гурхIел-рахIму гьабиян бицунаан. Кинаб хIал тIаде щваниги шукру гьабулеллъун рукIаянги малъулаан.

Анас ибну Маликидасан бицун буго: «Аварагасул яс (Умму Кульсум) хвараб мехалъ ниж рукIана гьесда аскIор. Аллагьасул Расул вукIана гьелъул хабада аскIов гIодовчIун. Дида бихьулеб букIана Гьесул бадиса магIу чвахулеб», - абун. (Бухари)

ГIаишатица бицана: «ГIусман ибну МазгIун (гьев вукIана Аварагасул рахьдал вац) хвараб мехалъ Аллагьасул Расулас гьесда (гьурмада, надалда) убач гьабуна. Гьеб мехалъ Авараг гIодилевги вукIана (бадиса чвахараб магIу гьурмаде тIинкIулебги букIана)», - абун. (Абу Давуд)

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...