Аслияб гьумералде

Муъминчиясул хасият

Муъминчиясул хасият

Иман щулалъиялъе, рухIияб рахъ камиллъиялъе ва напсалъул гIодорегIанал хасиятал лъикIлъиялъе квербакъи гьабулел аслиял жалазул цояб ккола гурхIел-рахIму гьаби.

 

Гьеб ккола инсанасул цогидаздехун бугеб гурхIел лъикIлъи, лъикIал къасдал рихьизариялъе бищунго тIадегIанаб хаслъи. ГурхIел-рахIмуялъул кьучIалда лъугьуна адаб-хIурмат, цогидазул ургъел гьаби гIадал хаслъаби. Гьеб гIицIго гIадамазулгун гьоркьоблъиялда гуребги, сверухъ бугеб дунялалдеги, хIайваназдеги, тIабигIаталдеги щола.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсолел руго Жиндирго сифатал. Гьезда гьоркьор хасс гьабун бихьизабулеб буго Жив гурхIулезул бищун гурхIел-рахIму цIикIкIарав вугин абунги. Гьесул ﷻ гурхIел-рахIмуялъ кинабго жанибеги бачун буго. Цинги муъминзабиги кантIизарулел руго цоцазда гурхIел-рахIму гьабулеллъун рукIайин абун.

Гьесул ﷻ махлукъатазул бищун гурхIел-рахIму бергьарв вукIана хирияв МухIаммад авараг ﷺ.

Инсан, гьеб хасият жиндилъ гьечIев, релълъун вуго цIорорав, хварав чиясда. Жарир ибну ГIабдуллагьидаса бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Цогидаздехун гурхIел-рахIму гьабуларесда гурхIуларо», - абун (Бухари).

Инсан вижун вуго бищунго тIадегIанаб къиматалъул ва къадруялъул махлукълъун. Гьелъул магIнаги буго дунялалдаги ахираталдаги гьесул адаб-хIурмат гьабизе бугин абураб. Абу Мусал АшгIарияс бицун буго жинда рагIанин Аллагьасул Расулас ﷺ абулеб: «Дир напс кодоб бугев АллагьасхIаги, цоцаздехун гурхIел-рахIму гьабизегIан нуж Алжаналде лъугьунаро…», - абун (ХIаким).

ГурхIел-рахIмуялъ чорхое парахалъи кьола, гьеб буго чи Алжаналде гIагар гьавиялъе гIаламатлъун, ахираталда талихI щвеялъул кIуллъун. Гьелъул пихъал руго батIи-батIиял: сахаватлъи, гIадатияб яшав, жиндаго гъин бихьун магIишат тIалаб гьаби, захIмат бокьи, напсалда тIад бергьенлъи боси.

Жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас ﷺ абуна: «ТалихIкъосарав чиясулъа гурони гурхIел-рахIму бахъун букIунаро», - абун (АхIмад). Дунялалъул бокIназда цо-цо гIадамал, хасго гIолохъанаб гIел, гIасияблъун лъугьун буго. Жакъа, кигIанго цебетIураб заман букIаниги, цоцазул гьабулеб адаб гьечIо. Нилъин абуни рукIине ккола гурхIел-рахIмуялъул нухмалъулеллъун. КIочене бегьуларо, тIоцебесеб иргаялда, нилъ лъикIалдалъун амруги гьабулел, квешалдаса нахъги чIвалел муъминзаби кколеллъи.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...