Аслияб гьумералде

Рияъ

Рияъ

ХIасадалда хадуб бищун квешаб рекIел унтилъун рияъ рикIкIуна. Гьебги ккола Аллагьасе ﷻ гуреб, гIадамазе гIоло цо пиша гьаби, ай гьезда живго лъикIавлъун, берцинавлъун, диниявлъун вихьиялъул мурадалда. Рияалда абула «Ширкул асгъар», ай гьитIинаб, балъгояб ширкилан.

Масала, рокъоб хехго балеб как, мажгиталде щведал, сверухъ гIадамал рихьидал байбихьула берцинго базе. Гьебги гIадамазда ракIалде ккезе гьав пуланав чи кутакалда динияв, берцинго как балев, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав лагъ вугин абун. Гьеб буго цо мисал, амма рияъ инсанасул бокьараб гIамалалда хурхине рес буго. Рияалдаса цIунарав чи гьечIо. Нилъерго халгьабидал гьабулеб гIибадат-гIамалги, цIалулеб гIелмуги, гьабулеб лъикIаб гIамалги гIемерисеб батула гIадамазда лъикIавлъун вихьиялъе гIоло. Аллагьас ﷻ цIунаги!

Бичасул Расулас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ шагьидасде хитIаб гьабун абула: «Мун жужахIалъуве а», - йилан. Шагьидас абула: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца бихьизабураб нух цIунулаго диналъе гIоло гурищ дица рухI кьураб?» - илан. Цинги Аллагьас ﷻ жаваб гьабула: «Бихьинчилъи бихьизабун цIакъ яхI бахъана дуца гIадамаз бахIарчи вугилан абизе. Дуе гьеб щвана, амма Дихъан дуе щибго гьечIо», - ян. Халгьабе, Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун вагъарав шагьидасулцин гьеб хIал батидал, загIипал нилъер ракIазул щибха букIинеб?

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Жиндие бокьун щив чи вугониги БетIергьан Аллагьасда берцинаб дандчIвай гьабизе, Аллагь разилъи ва Гьесул нигIматазул алжанал щвезе, гьев чияс шаргIалда рекъон лъикIаб гIамал гьабе! Аллагьасул парз тIубай, аварагасул суннаталда нахъвилълъа, Аллагьас хIалал гьабураб хIалал гьабе, Гьес хIарам гьабураб хIарам гьабе. Аллагьасул амру-нагью тIубай. Жиндир БетIергьанасе гьабулеб гIибадаталъулъ щибго жоги гIахьал гьабуге», - ян. (Суратул «Кагьф», аят 110)

Гьаб кIиго кIудияб рукну буго нилъеца гьабулеб гIамал Аллагьас ﷻ къабул гьабизе ва ахираталда ажру-кири букIине ккани Аллагьасул ﷻ шаргIалда рекъон гIамал гьаби ва гьесие гурони гIибадат гьабунгутIи, гIибадаталъулъ щибго жо гIахьал гьабунгутIи.

ГIубадат ибн СамгIатица бицана аварагас ﷺ абунин: «Рихьдае гIоло как балев ялъуни кIалал кколев чи ккола жиндир гIибадаталъулъ ширк бугев чи», - ян. Цинги аварагас ﷺ цебе рехсараб аят цIалана.

Цогидаб хIадисалда буго: «Рихьдае гIоло гIибадат гьабулесе алжан хIарамаб буго», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...