Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Жаназа хабалъ лъолелъул, хъатинибе ракьги босун, гьелда тIаде цо щибалиго жо цIалулеб бихьана. Гьелъул хIикмат лъазе бокьилаан?

Хабалъе жаназа бегьидал суннатаб буго, хоб бухъараб ракьалдаса ракьул хъатги цIун, гьелда тIаде анкьго нухалъ «Инна анзалнагьу» сура цIализе. Цинги гьеб цIалараб ракь хварасул мусруялде жанибе базе. Гьедин гьабуни хварасе гIазаб бигьа гьабулин хъвалеб буго. Аварагас ﷺ гьедин гьабулеб букIанин абураб хIадис рехсон буго ибну ХIажарица «ТухIфаталда».

(«Иршадул гIавам»)

 

 

ЖамагIат гьабун как балаго, тIаде чи вачIунев вукIин лъани, как халат бахъинабизе бегьулищ?

Как балесда лъани тIаде чи вачIунев вугевлъи ва гьес жидеда хадуб как бухьине бугеблъи, имамасе хирият буго, рукугIалда ратани, гьев вачIарав чиясе ракагIат щвеялъе гIоло рукугIги халат гьабизе ва ахирисеб АттахIиятуялда ратани, салам кьейги дагьаб кватIизабизе. Амма лъалхъи цIикIкIун халат гьабиларо.

(«Иршадул гIавам»)

 

 

 

Мажгиталде щведал жамагIат гьабун балеб как рагIалде щун батани, ай ункъабилеб ракагIаталда

АттахIият цIалулел, гьезда хадуб как бухьинищ яги цIияб жамагIатгун базейищ хирияб бугеб?

ЖамагIат гьабун балеб какил ункъабилеб ракагIаталде щварав чиясе, как кватIулеб батичIони, жамагIаталда хадуб как бухьиналдаса, цIияб жамагIат букIине бугеблъи лъалеб бугони, гьезул как тIубазегIанги чIун, цIияб жамагIатгун базе хирияб буго.

(«Иршадул гIавам»)

 

 

Как къокъ гьабизе гIоларебгIанасеб сапаралъ къватIиве вахъана чи. Цинги гьеб бакIалде щведал сапар ккана жеги цебехун. КIиабилеб аралъуве щведал как къокъ гьабизе бегьулеб манзил гIуна. Гьеб хIалалде ккедал какал къокъ гьаризе ва тIаде росун разе бегьулищ?

Как къокъ гьабизе ва халатаб сапаралда хасал рухсаби хIалтIизаризе бегьизе ккани, шартI буго сапаралде вахъунев чиясул къватIиве вахъунеб мехалъ сапаралъул халалъи гIолеб бакIалде уневлъун букIин. Мисалалъе, рокъоса батаниги яги цоги сапар байбихьараб бакIалдаса бугониги къватIиве вахъунаго чиясул къасд бугеб бакIалде сапаралъул халалъи гIолеб гьечIони, гьесие как къокъ гьабизе ва тIаде босизе бегьуларо. Гьединаб халатаб сапаралъул манзил гIолареб бакIалде ун, гьениве щварав чиясул къасд ккани жеги рикIкIаде ине, цинги гьениве щведал лъани жиндир тIубараб сапаралъул манзил как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе бегьулебгIанасеб лъугьун букIин, гьесие бегьуларо сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе. Щайин абуни, гьесул сапаралъул байбихьуда букIинчIелъул рухсаби хIалтIизаризе бегьулеб гIадаб бакIалде ине къасд ва гьедигIанаб нухалъ ин.

(«Иршадул гIавам»)

 

 

Меседилги гIарцулги сагIат базе бегьулищ?

Меседилги гIарцулги сагIат базе хIарамаб буго. Бихьиназе ва руччабазе хIарамаб буго рокъор хIалтIизарулел алатал меседилги гIарцулги рукIине. Масала, цIарагI, сагIат, гьоркьо, рукIкIен ва цогидабги. 

(МухIаммад-амин Курдий, «Танвирул Къулуб», гьум. 110)

 

 

Рокъове лъугьунелъул салам кьезе кколищ?

Рокъове лъугьунелъул Бисмиллагьги бахъун дугIа гьабизе суннатлъула ва хадуб рокъор ругезе саламги кьела. Рокъов чи ватичIони, абила: «Ас-саламу гIалайна вагIала гIибадиллагьи ссалихIин», - абун.

(«ИгIанату тIалибин»)

 

 

Рос-лъади ратIалъидал нусалъе вакьад ва дурцасе якьад махIрамияллъун хутIулищ?

Магьари лъун хадуб ясалъе вакьадги дурцасе якьадги абадиялъго махIрамияллъун лъугьуна, батIалъи гьечIо, гьел рахьдал эбел-эмен ратаниги, ригьин биханиги.

Гьал рехсарал гIадамал махIрамияллъун лъугьуна магьари лъедал, ай рос-лъадул гьоркьоблъи букIун батичIоницин. Амма бесдал инсудаги бесдал ясалдаги гьоркьоб махIрамлъи лъугьине ккани, бесдал инсудаги ясалъул эбелалдаги магьари лъун хадуб шартI буго гьоркьоблъи букIин.

(«Ал-МажмугI ШархIул Мугьаззаб»)

 

 

Эбел-эмен херлъидал ва хIажалъиялде ккедал, лъималаз хьихьизе кколин абула. Амма лъимал чангоял ругони, кинаб тартибалда напакъа кьезе кколеб?

Эбел-инсуе, кIудиял умумузе напакъа кьей лъималазде тIаде бегула. Гьебги, лъималазул хъизан батани, гьезие кьолеб цо къоялъул напакъаги букIун, тIадехун тIокIлъи гьезул бугони.

Эбел-инсуе лъималаз напакъа кьезе ккеялъул тартиб халгьабула кIиго жоялдалъун: цебесеб гIагарлъи букIин ва ирс щвеялъул ихтияр. Напакъа кьезе кколел гьеб суалалъулъ ращадал ругони гьел кIиязго напакъа кьеялъул харж бащад гьабун кIийиде бикьула. Масала, кIиго вас вугони, эбел-инсуе напакъа кьей гьез бащад гьабун кIийиде бикьула. Щайгурелъул гьезие ирсги бащадго щола ва гIагарлъиялъул рахъалдасан гьел бащадал руго.  Ясги васги ругони, гьезие ирс щолеб къагIидалда рекъон бикьула гьезда гьоркьобги эбел-инсуе напакъа кьей, бергьинабураб рагIиялда рекъон. Масала, эбел-эмен хьихьизе 30 азарго гъурущ къваригIунеб бугони, гьелъул 20 азарго васас кьела, 10 азарго ясалъ кьела.

Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Живго жинцаго чIваялъул хIакъалъулъ исламалъ щиб абулеб?

Исламалъ ихтияр кьоларо живго жинцаго чIвазе. Щайин абуни, рухIги черхги инсан бетIергьанаб жо гуро. Гьелъул бетIергьан ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго. Нилъее гьеб кьуна аманат хIисабалда цIунизе ва тIалаб гьабизе. Живго жинцаго чIвалев чи ккола гьеб нигIматалъе щукру гьабуларевлъун.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Маххул жоялъ (бокьун) живго жинцаго чIварав чи жужахIалъув вукIуна. Загьру гьекъон живго жинцаго хвезавурав чиги кидаго жужахIалъув вукIуна. МагIардаса гъоркье кIанцIун живго жинцаго чIварав чиги кидаго жужахIалъув вукIуна», - ян.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Дунялалда сунца букIаниги живго жинцаго чIвани, Къиямасеб къоялъ гьединабго куцалда гIазаб кьезе буго», - ян. (Имам Муслим, 175-176)

Ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул мухIтажалда» хъван буго: «Живго жинцаго чIварав чи чурула ва какги бала, хвалил ахIкамал тIурала. ХIадисалда буго: «Жаназаялъул как базе тIалъула щивав бусурбанчиясда ва бусурбанай чIужугIаданалда хадуб, лъикIав вукIа яги квешав вукIа, хIатта чIахIиял мунагьал гьарулевлъун вукIун ватаниги», - ян.

Имам Муслимица бицараб, ай живго жинцаго чIварасда хадуб Аварагас ﷺ жаназаялъул как бачIин абураб хIадисалъул ибну ХIиббаница баян гьабуна гьеб хIукму къабул гьабичIин абун. ГIемерисел гIалимзабаз абуна Аварагас ﷺ жаназаялъул как бачIин чIахIиял мунагьаздаса гIадамал гьукъизелъун.

(«ТухIватул мухIтаж», бутIа 3, гьум. 192)

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...