Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

ЧIужуялъ жиндасаго кIал биччаялъул закагIат бахъизе бегьулищ гьей ресалда ятани, ай рос мискинав вугони?

  1. Къуватаб рагIиялда бан, росасухъ гIенеккулей, рес бугей чIужуялда кIал биччаялъул закагIат бахъизе тIадаб гьечIо рос мискинав ватаниги. Кинниги гьелъие лъикIаб буго закагIат бахъизе. Щайгурелъул гьеб масъалаялда бан гIалимзбазда гьоркьоб хилаф букIиналъ.
  2. ЧIужу росасухъ гIенеккуларей, данде чIарай ятани, гьелда тIадаб буго гьеб мехалъ кIал биччаялъул закагIат бахъизе. Кинниги чIужуялъул ихтияр буго закагIат бахъизе росасул изну гьечIониги. («ТухIфатул мухIтаж»)

Лъади сабаблъун къаси черх чуризе ккани, кIал рикIкIунищ?

РикIкIуна, амма рогьиналде, ай кIал кквелалде цебе чвердезе лъикIаб буго. Гьебго хIукму буго цогидаб къагIида сабаблъун черх чуризе кколезе, масала, къаси чIужугIаданалъул хIайиз къотIани, гьеб кIал рикIкIуна черх чуричIониги. («Мугънил мухIтаж», 2 бутIа)

КIал кквезе сунната къоял кинал ругел?

Такрарлъулел кIалал рикьула лъабиде: анкьида жанир, моцIида жанир ва лъагIалида жанир такрарлъулел. Щибаб анкьалъул такрарлъулел суннатал кIалал руго итни-хамизалъул. Хирияв аварагас r гьеб кIиябго къоялъ кIал кквеялда тIадчIей гьабулаан ва гьес ﷺ абун буго: «Гьеб кIиябго къо буго жиндилъ гIадамазул гIамалал (анкьалъул гIамалал) Аллагьасде ﷻ щвезарулел къоял. Гьединлъидал дие бокьула дир гIамалал Аллагьасде щвезе дун кIал ккун вугеб мехалъ», - ян. Гьеб кIиялъулго цояб кквезе бокьани, итни къоялъ кIал кквей хирияб бугинги буго. («Мугънил мухIтаж»)

Рамазаналда хадуб кIалал кквезе хириял моцIазул тартиб лъазе бокьилаан?

Рамазаналда хадуб кIал кквезе бищун хириял руго рагъ хIарам гьабурал моцIал. Гьездасанги бищун хирияб мухIаррам буго. Гьелда хадуб ражаб, цинги зулкъагIидаги зулхIижаги. Гьезда хадуб кIал кквезе хирияб шагIбан моцI буго. («Мугънил мухIтаж»)

Бокьилаан шаввал моцIалъ кIал кквеялъул хIакъалъулъ бицани.

Рамазан моцIалъ кIалал ккурав чиясе суннатаб буго шаввал моцIалъул анлъго къоялъги кIал кквезе. Абу-Аюб аль-Ансарияс бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги рамазан моцIалъ кIалал ккурав, цинги гьезда хадуб шаввал моцIалъги анлъго къоялъ кIал ккун, гьесие гьезул кири букIуна лъагIелалъго кIалал ккуразда релълъун», - абун (Муслим). Шаввалалъул кIалал кквезеги суннатаб буго гIидалъул къоялдаса хадуб, тIатIалаго. ТIоцересел къояздаса байбихьун тIатIала ккун гурел, цогидал къояз бугониги анлъго кIал ккуниги бегьула, суннат хIасуллъаравлъунги вукIуна.

Шаввал моцIалъ суннатаб кIал кколелъул ният кин гьабилеб?

Шаввалалъул къояз кIал кквейгун цадахъ хутIараб бецIизе яги назру гьабураб тIубазабизеян ният гьабуни - гьебги бегьула, цадахъ шаввалалъул суннат хIасуллъигун.

Амма хIадисалда рехсараб ажру хIасуллъуларо. Шаввалалъул кIал кколаго ният гьабила: «Дица ният гьабуна шаввал моцIалъул суннатаб кIал кквезе, Аллагьасе гIоло», - абун. Гьелда цадахъ бецIун яги назру гьабураб кколеб бугони, ният гьабила: «Дица ният гьабуна рамазан моцIалъ хутIараб паризаяб кIал бецIун кквезе» яги «Дица ният гьабуна пуланаб нияталдалъун назру гьабураб кIал кквезе», - абун. («МугIтамад», «Мугънил мухIтаж»)

КIал биччаялъул сахI гIагарав чиясе кьезе бегьулищ?

ЗакагIат щолезда гьоркьор, жидее напакъа кьезе кколарел, гIагарал чагIи ратараб мехалда лъикIаб буго гьел дурго закагIат кьеялъе хас гьаризе. Щайин абуни, гьел закагIат кьеялъе цIикIкIун рекъарал рукIун. ГIукъбатил яс Уму-Кульсумица бицараб хIадисалда буго, жинда рагIанин Аллагьасул расулас ﷺ абулеб: «Бусурбанчиясе кьураб садакъа - гьеб садакъа буго, гIагарав чиясе кьураб - садакъа гуребги гIагарлъи хурхинабиги буго», - ян. («МугIтамад»)

Какие чурараблъиги кIочон тун бараб какалъул кири щолищ?

Какие чуричIого бараб как, киналго шартIалги цIунун, гIуж борчIилалде цIидасан базе ккола. ГIуж борчIани, бецIун базе ккола. КIочонги тун, ай какиеги чуричIого бараб какалъул, как базе абун нияталъул кириги ва какие чури жидее тIадал гьечIел азкарал, аятал, тасбихIал цIалиялъул кири щола. Гьединабго хIукму буго цогидал шартIал тIурачIого гьарурал хутIарал гIибадатазулги. Масала, черх чуризе вукIин кIочон тун Къуръан цIаларев чиясе Къуръан цIализе бокьиялъул нияталъе щола кири. Амма жибго Къуръан цIалиялъул кири гьесие щоларо. Щайгурелъул Къуръан цIализе ккани черх чураравлъун вукIине ккола. («ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж»)

ГIидалъул къоялъ гьаризе лъикIал жал щал?

  1. Радакь вахъин.
  2. Черх чури.
  3. ЦIияб, лъикIаб ретIел ретIи.
  4. Берцинал махIал гьари.
  5. ГIидалъул какде иналде дагьабго жо кванай.
  6. Баргъич бай.
  7. Цаби-гIусал рацIцIад гьари.
  8. Мажгиталде хехго ин.
  9. Салам кьей гIемер гьаби.
  10. Такбир бачин.
  11. ГIид цоцада барки.
  12. Бусурбабазе лъикIаб дугIа гьаби.
  13. Барщарал ва кьалда ругел рекъезари.
  14. ГIагарлъиялъухъе ваккизе ин.
  15. Диналъул вацазухъе вакки.
  16. Цоцазе садакъа, сайгъатал кьей.
  17. Хабаде зиярат гьаби.
  18. Гьалбадерие гьоболлъи гьаби.
  19. Мискин-пакъиразе садакъа кьей.
  20. Лъимал-хъизан рохизари.
  21. Разиго, вохун вукIин

Дир гIагарав чи хвана. Гьесда тIад буго цо чиясе кьезе кколеб налъи. ХIежалдаги гьев ун вукIинчIо. Гьесул нахъе тараб гIарац гьезул цоялъе гурони гIолебги гьечIо. Кинаб цебе ккезабилеб?

ШафигIияб мазгьабалда, бергьинабураб рагIиялда бан, цин хIеж борхизе ккола гьесдасан. Аллагьасда ﷻ цебе бугеб налъи гIадамаздехун бугелдаса цебе ккезабула. Аллагьасда ﷻ лъикI лъала. («ТухIфатул мухIтаж»)

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...