Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъо

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъо

ЗакагIат щал чагIазе кьуни щолеб?

ЗакагIат кьун щолел, гьеб мустахIикъал чагIазул тайпаби тIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсон руго: «Садакъа, ай закагIат буго пакъирзабазе, мискинзабазе, гьелъул хIалтIи гьабулел, гьелда тIад таразе, гьанжего гьанже ислам босарал, жеги диналъулъ загIипал, тIаде жоги къотIун риччарал лагъзал, налъукье ккарал, Аллагьасул ﷻ нухда, ай жигьадалда ругел, сапаралда вугев чиясеги Аллагьасул ﷻ рахъалдасан парзлъун бихьизабураб буго, Аллагьги ﷻ жиндир халкъ лъалев ва Жинца ﷻ гьабулеб жоялъулъ хIикмат бугев вуго». (Сура «Тавбат», аят 60).

ЗакагIат бахъулелъул ният кин гьабилеб?

Гьелъие ният гьабизе тIадаб буго суннатаб садакъаялдаса, кафараталдаса ва цогидал паризаял садакъабаздаса батIа бахъизе лъазе. Цогидал гIамалазего гIадин, закагIаталъеги нияталдалъун халгьабулеб бакI ракI буго, гьединлъидал мустахIикъав чиясухъе кьолаго ният ракIалъ гьабила. Гьадин: «Гьаб дир боцIиялъул паризаяб закагIат буго», яги «Дир боцIиялъул паризаяб садакъа буго», ялъуни «Гьаб дир боцIиялдаса жиб парзлъун гьабураб закагIат буго», ялъуни «Паризаяб яги тIадаб садакъа буго», - ян абила. («МугIтамад», 2 бутIа, 127 гьум).

КIал ккун йигей чIужугIаданалъ, къо бащалъуда хIайиз бачIани, щиб гьабилеб?

ХIайиз ва нифас ккола кIал кквей бегьи нахъчIвалеб гIузру. КIал ккун йикIаго чIужугIаданалде хIайиз щвани, гьелъ кIал биххизабула ва гьеб бецIизеги тIалъула. Гьелдаса хадуб гьелъие рекъараб букIуна рамазан моцIалъул хIурмат гьабун хутIараб къоялъ кваначIого чIезе, амма кваназе бегьунгутIи гьечIо. («Фикъгьул Мингьаж», 1 бутIа, 344 гьум.).

КIал биххизабулел жал.

  1. Хъалиян цIай.
  2. Дару жубан гьарулел инголяциял ва спреял.
  3. Цере-нахъа лъолел тохтурлъиялъул свечаби.
  4. ХIайз, нифас.
  5. Жундуз кквец, гIантлъи.
  6. Куфруялде ккей.
  7. Гастроскапия (шланг къулчIи).
  8. Клизма гьаби.
  9. КIалдиса ва магIазукъалахъа мазок боси, ай гьелъул гъварилъудаса.
  10. Рос-лъадул жинсияб гьоркьоблъи (къад заманалда).
  11. ГIундузде дару тIинкIи (гвангвараялъул ракьа бахани).
  12. МагIазукъалахъе дару тIинкIи.
  13. Дару гьекъей.
  14. ЛагIи бачIинаби.
  15. Лъан-бокьун ахту къулчIи.
  16. ЧIужугIаданалъул гIавраталъул УЗИ гьаби.
  17. Мани бачIин.

КIал биххизабуларел жал.

  1. КIочонги тун квана-гьекъани.
  2. Чвердани (магIазукъалахъе, гIундузухъе ва щокъронибе лъим инчIони).
  3. Берцинал махIал гьари.
  4. Убачал гьари.
  5. Макьилъ гукки.
  6. Диалез гьабиялъул процедура.
  7. Регьунеб (питательнияб) укол.
  8. Инсулиналъул укол.
  9. Ччорбазда ва бидурихьазда укол.
  10. ХIал гьабичIого бачIараб лагIи.
  11. Крем бахин.
  12. КIутIбузда бахунеб бальзам.
  13. Макияж гьаби.
  14. Беразде тIинкIулеб дару.
  15. Донорлъи гьабун би кьей.
  16. ХIижама гьаби.
  17. БацIцIадаб хIацIу къулчIи.
  18. Кванил татуялъул хIалбихьи гьаби, къулчIичIого.
  19. Кьижи (сахаб къоялъ кьижаниги).
  20. ГIусал къачIай ва гIус бахъи.
  21. Цаби чури.
  22. Наркоз гьаби.
  23. Наушникал рай (гвангвараялъул ракьа бахунеб гьечIони).
  24. Лъан, бокьун батIи-батIиял махIал сунтIи.
  25. Сивак бахъи.
  26. Как бачIого тей (инкар гьечIони).
  27. КухIлу (сурьма) беразда бахин.
  28. РагIа-ракьанде щвезабичIого мегIеркIал хули.
  29. Мазью, вадью бачIани (гIавраталдаса бачIунеб лъамалъи).

Жавабал росана Дагъистаналъул Муфтияталъул фатвабазул отделалдаса.

ЗакагIат бахъизе тIалъулев чиясда тIад налъи бугони, гьес гьеб бахъизе кколищ?

ШафигIияб мазгьабалда рекъон, пуланав чиясда тIад налъи бугони кьезе тIаде къо щвараб яги заман цIараб, гьеб гIиллалъун чIоларо закагIат бахъичIого теялъе. Гьезул боцIи-мал ккун чIезабун батичIони, тIоцебе закагIат бахъизе ккола. ЗакагIат бахъун хадуб кьела налъиги.

БоцIи-мал ккун бугони, тIоцебе налъи бецIила, цинги закагIатги бахъила, закагIат хасаб боцIиялда тIалъичIебгIан заманалда боцIи кквезегIан букIараб гьесул мулкалда гъоркь бугеб. Масала, чахъаби ругони закагIат бахъизе кколеб, гьеб боцIи-мал бахъун хадуб гьесул мулкалда чахъаби хутIани, тIоцебе закагIат бахъула, хадуб налъиги кьола. («ТIухIфатул МухIтаж»)

Какал къокъ гьариялъулги данде росиялъулги кинаб хIукму бугеб?

Какал къокъ гьаризеги данде росизеги бегьула цо рахъалде сапаралъул манзил гIураб бугони. Сапарлъун чIола 85 км-ялдаса цIикIкIараб нух бугони. Цо-цояз 92 км-ялдаса цIикIкIараб букIине кколиланги абулеб буго. Къокъ гьабизе бегьула ункъо ракагIаталъул какал – къалъул, бакъанил, боголил. Какие ният гьабулаго къокъ гьабизеян абунги ният гьабизе ккола. Цинги ункъо ракагIаталъул бакIалда кIиго ракагIат бан тела.

Данде босизе бегьула къалъул как бакъанил какалде, бакъанил как къалъул какалде, гьединго данде росула маркIачIул боголил какалде, боголил маркIачIул какалде. Как цебе босулеб бугони, лъабго шартI къваригIуна: цебесеб как бухьунаго яги какилъ салам кьелалде хадусеб как данде босизе абун ният гьабизе ккола, цинги тIоцебе цебесеб как бала, хадуб кIиабилеб как базе ккола.

Цебесеб как барабго гьоркьоб гIемер замана биччачIого къамат гьабурабго кIиабилебги как бухьине ккола. Гьал лъабазулго цониги шартI камуни, хадусеб как цебесебгун данде гьабизе бегьуларо, гьеб жиндир гIужда базе ккола. Цебесеб как хадусебгун данде гьабулеб бугони, цебесеб какил гIуж букIаго ният гьабизе ккола гьеб как хадусеб какалде данде босизе бугилан абун.

Цинги хадусеб какил гIуж щвараб мехалъ, цин цояб цинги цояб как бала бецIун абун ниятги гьабизе кколаро. Как цебе босулаго цIунизе кколел лъабалго шартIал, как хадуселда тIаде босулаго цIунизе тIадал гьечIо, амма цIунизе суннатал руго. Сапаралъ унев чияс какал данде росиялъулги гьел къокъ гьариялъулги хIукму лъазабизе ккола.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...