Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ?

Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса ватIалъизе кIоларев, гьеб хIалтIизабун хадуб как базегIан цебе гьес кIал ххулизе ккола. Щайин абуни, гьел жалазда гъорлъ буго гIанкIуязул, варанабазул, макказул гIадаб рак, жиб нажаслъилъун рикIкIунеб. Как балелъул гьел жал цадахъ ругони как рикIкIунаро, как бегьизе ккани шартI буго черх, бакI ва ретIел нажаслъиялдаса бацIцIадаб букIин. («Мугънил мухIтаж»)

Гьури, кIващ кквезе кIоларел чагIаз яги 15 къоялдаса цIикIкIун заманалъ хIайиз букIуней чIужугIаданалъ сапаралда какал данде росун разе бегьулищ?

15 къоялдаса цIикIкIун заманалъ хIайиз бачIуней чIужугIаданалъе ихтияр буго хIалалаб сапаралда йигеб мехалъ къалъулаб бакъанилалде яги гIаксалда, гьединго, маркIачIулаб боголиде тIаде росун разе ва къокъги гьаризе. Гьединго, какал къокъ гьаризе ва тIаде росизе ихтияр буго гьури, кIващ кквезе кIоларел ва таяммум гьабурал чагIазе. Амма щибаб какалъе какичури ва таяммум цIигьабизе ккола. («ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж»)

Эмен хIалтIун бажаруларев вугони, бесдал эбелалъе къваригIараб-тараб чIезабизе кколищ васас?

Бесдал васасда тIадаб буго (эмен чIаго вугебгIан заманалъ) инсул чIужуялъе кваназе ва ретIине чIезабизе, эмен гьелъул тIалаб-агъаз гьабизе кIолареб хIалалда вугебгIан мехалда. Инсул чанго чIужу ятани, цоялъе гурони чIезабизе кколаро, киналъе кьелебалиги инсуца бихьизабула. Жидеего бокьани, цогидазе ихтияр букIуна ригьин биххи росасдаса тIалаб гьабизе, гьесул тIалаб-агъаз гьечIолъи гIиллаялъеги босун. («Аснал матIалиб»)

ЦIар тIамун хадуб гьей гIадан ва лъимал ругеб бакIалде гьев чи вачIине бегьулищ?

Гьесие хIарамаб буго гьеб бакIалде ине, гьениб махIрамиязул чи яги руччаби гьечIони. Гьеб хIарамаб буго тIоцебесеб яги кIиабилеб цIар кьун хадуб бугониги, щайгурелъул, гьелъ рачуна гьел жалго рукIиналде. Жалго рукIинчIого рукIине кIванагIан гьелъги хIаракат бахъизе ккола, гьелда бажарулеб батани. («ФатхIул МугIин», гьум. 527)

Лъимадул кIутIбузда убач гьабизе бегьулищ?

Имам Бухарияс бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ жиндирго вас Ибрагьимидаги ясалъул вас ХIасанидаги убач гьабунин. Гьединго хIадисалда бачIана цояс Аварагасда ﷺ абунин: «Дир буго анцIго лъимер ва гьезул цонигиясда дица убач гьабичIо», - ян. Аварагас ﷺ гьесие жаваб кьола: «Цогидаздехун рахIму гьабуларесеги рахIму букIине гьечIо», - ян. Гьединлъидал суннатаб буго жиндирго ва цогидал лъималазда убач гьабизе, гьездехун рахIму, рокьи загьир гьабун. Гьумералда, кверазда, бетIералда, хIатта кIутIбузда ва цогидал бакIаздаги убач гьабизе бегьула. Балугълъиялде бахараб лъимадехун квешал пикраби раккулел ругони, хIарамаб буго. («ТухIфатул МухIтаж», «Равзату ТIалибин»)

Бихьиназе яги чIужугIаданалъе чIегIераб ретIел ретIине суннатаб бугищ?

ЧIегIераб ретIел ретIи суннатаб пишаялдасан кколаро, гьеб ретIине бегьула цогидал кьерал ретIине бегьулебгIадин, хъахIаб ретIел хутIизегIан, гьеб сунатаб буго Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон. ГIалимзабаз абухъе, кидаго чIегIераб ретIел ретIун хьвадизе беццараб гьечIо. Бегьула хъахIал, багIарал, тIогьилал, гIурччинал мухъал ругел, гьединго батIиял кьералги. Гьелъулъ хилаф гьечIо гIалимзабазда гьоркьоб.

Нилъеца рехсарал кьеразулъ карагьалъиги гьечIо. Имам ШафигIияс ва гьесул цIалдохъабаз абуна бищун лъикIаб бугин хъахIаб кьералъул ретIелилан, ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда рекъон. «ХIашияту Къайлуби» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Кидаго чIегIераб ретIел ретIун хьвадизе, хIатта хьиталцин, лъикIаб пишаялдасан кколаро», - ян. («МажмугI», «ХIашияту Къайлуби»)

ХIежалде унес эбел-инсул разилъи тIалаб гьабизе кколищ?

Лъималазда тIадаб буго эбел-эмен рази гьаризе. ХIежалде ине къасд ккарав чиясул эбел-эмен яги гьезул цоял чIаго ратани, гьездаса хIежалде ине изну тIалаб гьабизе суннатаб буго. Эбел-инсуца гьесие тIадаб яги назру гьабураб хIеж-гIумра гьабизе гьукъани (изну кьечIони), гьезухъ гIенеккиларо. Гьеб гьукъиялдалъун жалго эбел-эмен хIакъикье ккола. Амма паризаяб гуреб хIежалде гьез гьукъани, гьезие мутIигIлъизе тIадаб буго. («ГIумдатул Абрар»)

ХIеж къабуллъи лъалел гIаламатал ругищ?

ХIеж къабулъиялъул гIаламатаздасан ккола лагъас цереккун гьарулел рукIарал мунагьал, гIасилъаби рехун тей, квешал, гIадада гIумру тIамулел гьудулзаби тун, лъикIал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби, махсаро-хочIалъул мажлисалги тун, зикруялъул, гIелмуялъул, вагIзанасихIаталъул мажлисал кквей. Гьединго хIеж къабуллъиялъул гIаламатаздасан ккола чияе заpaл гьабунгутIи, чияр зарал жинцаго баччи, лъикIаб гьудуллъи кквей. («ИтхIаф»)

Лаббайкаялъул магIна щиб?

Лаббайка - «Дун кидаго Дуе мутIигIав вуго тIад-тIад вуссунги дун Дуе мутIигIав вуго», - ян абураб жо ккола. «Лаббайка ллагьумма лаббайк, лаббайка ла шарика лака лаббайк, инналь хIамда ва ннигIмата лака валь мульк, ла шарика лак». МагIна: «Дун Дуе мутIигIав вуго, я дир Аллагь, нахъеги дун Дуе мутIигIав вуго, дун Дуе мутIигIав вуго, Дудехун гIахьаллъи гьабулеб щибго жо батун гьечIо, дун Дуе мутÍигIав вуго.

ХIакълъунго, кинабго реццги Дуе буго, кинабго нигIматги Дур буго, кинабго ханлъиги Дур буго. Дудехун гIахьаллъи гьабулеб щибго жо гьечIо». «Лаббайка» ккола Аллагьасул ахIиялъе нилъеца жаваб гьаби. Аллагьасул амруялдалъун Ибрагьим аварагас хIежалде рачIаян ахIараб мехалъ, хIеж гьабизе вугевщинав чияс гьесие «Лаббайка» абун жаваб гьабунила.

ЦоцIул жаваб гьабурав чияс - цо нухалъ, кIицIул жаваб гьабурас - кIицIул, гIемерцIул жаваб гьабурас - гIемерцIул хIеж гьабулилан буго. «Лаббайка» Аллагьасул ахIиялъе жаваб гьаби кколелъул, гьес ахIун хIежалде рачIунги ругелъул, ТIадегIанав Аллагьас гьел кIодо гьаричIого, гьезда цIоб лъечIого толариланги буго. («АлхIажжу фазаилун ва ахIкамун»)

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...