Аслияб гьумералде

Инсуде

Инсуде
ГьитIинго бесдалго, къварид нижги тун,
Дада, анаха мун ахираталде.
ГIодулей эбел тун, чиякъ лъимал тун,
Къокъидго гьабуна дуца къомех-лъикI.
Бищун дуй хирияй Хадижатин дун,
Дадаянги ахIун къойил гIодулей.
Диени, дада мун, канлъи вукIана,
Канлъи дие къотIун къварид йиго дун.
Щиб абун кIалъалей, щиб мацI бицинеб,
ГIодилей хутIарай нижер бабада.
Суратахъ балагьун магIил гIорги тIун,
Дуда хадуй эбел паналъун йиго.
Мун жанив щоларев, мун вачIунарев
ЧIобоголъун буго гьаб нилъер къайи.
ЧIунтун руго ракIал, пашман руго ниж,
Дада, мунин абун къойил гIодилел.
Берал руго урхъун дада вихьизе,
Дир рекIел чIухIилъун мунлъидал вугев.
Дуца, дада, ниж чиякъго тана
Къойилго гIодулел ва дур бицунел.

ХАДИЖАТ РАСУЛОВА, 11 СОН, КЪВАНИБ РОСУ.

Баркула вацасда

Баркула, Гъазияв, ракI-ракIалъ дуда,
АнцIила щуго сон дуца бараб къо.
Гьарула дица дур чорхое сахлъи,
Аллагьас цIунаги гIумруялъго мун.
Нижер цохIо вугев вац дуе гIоло,
ГIумруцин кьезе ниж хIадурал руго.
Мун вуго нижер рухI, нижер хазина,
МунгIан хирияв чи нижее гьечIо.
РекIелъ хIинкъи гьечIев гъалбацI киниги,
Нижеда нахъа мун кьурулъун чIола.
Киналго мурадал тIурайги, вац, дур,
ТалихIаб гIумру кьун вохунги тайги.

МАХIМУДОВА ЗАИРА, УЗДАЛРОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...