Аслияб гьумералде

КIодоэбел ва лъимал

КIодоэбел ва лъимал

КIодолги ясалъулги накъит

Яс: ало, кIодоэбел, лъикI яхъарай!

КIодо: йорчIами, дир яс! Кин бугеб дур ищ?

Яс: кIодо, дадацаги бабацаги дие изну кьуна хасалихълъиялъул гIодоркъояз духъе ячIине. Бегьилищ ячIине?

КIодо: щай бегьулареб. Амма дир гIемераб хIалтIи букIине бугоха ахикь.

Яс: дица кумек гьабила. Щиб дуе гьабизе бокьун бугеб?

КIодо: къваригIун буго цIибил кIуризе ва помидоразул ракъварал хъархъал нахъе гьаризе, хъапустIанги ламадурги бакIаризе, ах тIанхаздаса бацIцIад гьабизе.

Яс: тIанхал ракIаризе дида кIола. Амма цIибил кIурун дихъа бажаруларо.

КIодо: лъикI буго. Дица дуда кинабго бихьизабила.

Яс: кIодо, дуца гьариларищ хъабхъилъ чадал?

КIодо: гьарила, исана хъабхъазул бачIинги буго.

Яс: дуца гIурдахIанал ракIаранищ рохьоса?

КIодо: дагьалго жал ракIарана. ЦIадал ралел руго, дунял роцIцIиндал цадахъ рилълъина ракIаризе.

Яс: лъикI буго, гIодоркъоял анкьидаса байбихьула. Хадубги ахIилаха духъе.

ХIурматиял лъимал! Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде 7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!

КIодолги васасулги накъит

КIодо: я, дир вас, кваначIого нахъе хутIараб холодильникалъуб лъун те.

Вас: тIаса лъугьа, кIодо, кIочон тана. Дур гъадриниб щибго жо нахъе хутIулеб гьечIо. Кин гьеб букIунеб?

КIодо: дир вас, дуда гьеб лъачIого лъикI. Дур кIодо жеги гьитIинай гIадан йикIана рагъул заманалда. Квен цIакъ дагьаб букIунаан, кидаго ракъунги рукIунаан. Эбелалъ щиб бугониги босун бачIани, гьебсагIатго кваналеб букIана. Щибаб мочIо цIакъ хирияб букIана ва щибго нахъеги рехулароан.

Вас: вай, гъарим, кIодо. Мун кваналейгойищха йикIинчIей?

КIодо: квешаб заман букIана доб, дун цIакъ йохарай йиго, дир лъималазул кинабго жо гIураб букIиналдаса. Гьединлъидал, квен холеб мехалъ, дида ракIалда щола рагъ.

Вас: мун йитIарай йиго. Бегьуларо квен пасат гьабизе. Гьеб буго эбел-инсуца гIезегIан гIакъубаги бихьун балагьараб нигIмат. Дида кинабго бичIчIула. Нижер мугIалималъ бицунеб букIана тукабаздасаги гIадамазги нахъе рехулеб кваница Африкаялъул пачалихъал кваназаризе кIолин. Амма лъицаниги добе квен щвезабуларо.

КIодо: нилъер гьаб дунялалда букIуна тIекълъи, гIадлу гьечIолъи. Мун дир гIакъилав, цIодорав вас вукIун вуго, дун чIухIула дудаса.

ХЪВАНА МУХIАММАД-РАСУЛ ЖАВАТХАНОВАС, ГЬИЛИБ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...