Аслияб гьумералде

РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб къиматаб заман лъималазе хӀухьбахъизе рес кьеялдаго цадахъ, гьезул рухӀияб рахъ бечед гьабиялъеги, хирияб Къуръаналъулгун гьезул бухьен щулалъиялъеги биччазе.

 

ТӀадегӀанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абун буго: «Нижеца духъе рещтӀана БацӀцӀадаб ТӀехь, дуца инсаният БетӀергьанасул изнуялдалъун бецӀлъиялдаса канлъиялде бачине, Къудратав, Жиндие рецц бугев Аллагьасул нухде», - ян («Ибрагьим», 108 аят).

Къуръан буго Аллагьасул чӀагояб Калам, нилъер гIумру гвангъизабулеб, лъикӀлъиялъул нухдасан нилъ рачунеб, захӀматаб заманалда хӀалхьи кьолеб. Гьанжего гьанже дунял бичIчIизе байбихьарал нилъер лъималазе Къуръан ккола рухӀияб нухмалъилъун. ГьитӀинаб мехалда Къуръан, гIелму цӀалиялъ гьезул хадубккунисеб гӀумруялъе битIараб кьучӀ лъола, иман щула гьабула, динияб гӀамал-хасият гӀуцӀула. БитIун как базе ругьунлъиги – гIумруялъго хӀажатаб, чара гьечӀеб жо буго. ГьитӀинго щвараб гIелму - ганчIида бикIараб накъищ бугилан абиги буго. Щивав эбел-инсуда, шаргIалда рекъон, тIадаб буго анкьго сон бараб лъимералда Аварагасул ﷺ гӀумруялъул хIакъалъулъ бицине ва битIун как базе малъизе. Жидехъаго бажарулеб гьечIони, лъимер мугIалимасухъе битIизе ккола.

 

 

 

 

 

 

Къуръан малъиялъул пайда

МухӀаммад Аварагас ﷺ абун буго: «Нужер бищунго лъикӀал руго Къуръан лъазабулел ва гьеб цогидазда малъулел», - ян (Бухари). «Къиямасеб къоялъ Къуръан цӀалулел ва гьелъул амру тӀубазабулел гӀадамазул эбел-инсул ботӀрода лъезе буго бакъудаса гвангъараб таж» (ХIаким). Гьалда релълъарал хIадисал жеги гIемерал руго. Гьез якъинго бихьизабулеб буго Къуръан цӀалулев чиясе ва гьесул эбел-инсуе бугеб кӀудияб кири ва даража. Нилъер лъималазе гьеб ккола цохIо гӀелму щвезе гуребги, Аллагь разилъи щвезе ресги. Риидалил каникулазда, школалъул ахӀи-хӀурги гьечӀого, лъималаз цӀияб лъай цӀикӀкӀун къабул гьабула. Амма нилъеца гьабизе ккола гьезул гъира кколеб хIал. Жеги дугӀаги гьабила, Аллагьасда гьарила гьезие цӀали бигьа гьабеян, гьезул ракӀал щула гьареян.

Как базе лъазабиялъул ва Къуръан цӀалиялъул дарсазде гьел ритӀи ккола гьезул букӀинесеб гӀумруялъе пихъ кьезе бугеб бищун пайдаяб жо. Къуръан цӀалиялъ гъваридаб иман ва ракӀбацӀцӀалъи бижизабула, рухӀ бацӀцӀад гьабулеб асар кьола, ракӀ гӀодобе биччазабула.

Исламалъул кӀудиял гӀалим-забаз кидаго тӀадчӀей гьабулеб букӀана гьитӀинаб къоялдасаго Къуръан цӀализе лъазабиялъул кӀваралда. Имам ШафигӀица, Аллагь гурхӀаяв, Къуръан рекӀехъе лъазабизе байбихьана анкьго сон баралдаса ва фикъгьи лъазабизе – 10 сон баралдаса. Нилъер цересел ритӀухъал умумуз кӀудияб кӀвар кьолаан лъималазда Къуръан малъиялде. Гьезда бичӀчӀана гьеб жидеца лъималазе кьезе рес бугеб бищунго къиматаб сайгъат букӀин.

 

 

 

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...