Аслияб гьумералде

РахӀматалъул цӀураб рукъ

РахӀматалъул цӀураб рукъ

ЧIегIераб накIкIалъ бацараб зобалъухъ балагьун чӀун йикIана Марям гордухъан. Гьелда кколеб букIана, зодор гурелги, накIкIал жиндирго гIумруялдаги рещтIун ругин. Богорокъоб чай цӀоролеб букӀана, лъимал ахIи-хIуралда рукӀана. Росасги, кидаго гӀадин, сихӀкъотӀун телефоналдасан цIияб хабар лъазабулеб букӀана. Рукъ букӀана гьаркьазул цӀун, амма жаниса чӀобого.

 

«Дир хъизамалъул гъансито ссунеб буго, цебе букIараб хIал киданиги букIинаро». Гьединал къваридал пикрабаз кверде йосарай Марьям, телефоналда бугеб бегулаго, ракӀалдаго гьечӀого тIаде ккана «Хъизамалда суннат – РахӀматалде нух» абураб онлайн-семинаралде. Экраналдасан чӀужугӀаданалъул гьаракьалъ цӀалулеб букӀана хӀадис:

«Нужер бищун лъикӀав вуго жиндир агьлуялъе бищун лъикӀав», - ян (ат-Тирмизи).

Марям цӀорон лъугьана. Гьел рагӀаби гIицIго жиндаго абурал гӀадин рагIана гьелда. РакӀалде щвана Авараг ﷺ, Гьесул лъикIал тIабигIатал, гIадамазулгун букIараб берцинаб гьоркьоблъи, щиб кканиги, Аллагьасдасан кумек тIалаб гьабун, Гьес цебе гали тIамулеб букIараб куц. Цебе бачIана, ракӀ къварилъараб мехалъги, бищун захIматаб хIалалдаги Гьев гьимулев вукӀаравлъи.

- Дица дидасаго байбихьила, - ян абун гьелъ ва тирщун тIаде яхъана.

Нахъисеб къоялъ, хIалтIудаса вуссарав росасда дандчIвай гьабуна гьимулаго. Гьев гӀажаиблъана, амма щибго абичӀо. Къасиялде квен хIадурулаго, гьелъ рагIун салават битIизе байбихьана. ГьитӀинав васасги гьелда хадуб такрар гьабуна.

- Гьаб щиб, эбел?

- Гьел руго Аварагасде ﷺ рокьи загьир гьабулел рагӀаби, - ян жаваб кьуна гьелъ.

Къаси кьижилалде цебе гьелъ лъималазда бицана ХӀасанилги ХӀусенилги хIакъалъулъ. Авараг ﷺ лъималгун васандулев вукIараб куцалъул хабар. Гьел хӀухьел ккун гӀенеккун рукӀана.

- ЛъикӀав чи вукӀанищ гьев? - ан гьикъана ясалъ.

- Гьев вукӀана киналго гIадамазе рахIматлъун витIарав, Аллагьасул бищун вокьулев Авараг ﷺ, - ян жаваб кьуна Марямица.

Цо чанго къо ун хадуб, росасда халлъана рокъоб гӀодобе биччараб, рекIее рахIатаб хӀал лъугьун букӀин.

- Мун хисун йиго, - ян абуна гьес.

- Дица гӀицӀго хӀаракат бахъулеб буго нилъер Аварагасда ﷺ дагьабгIаги релълъенлъи гьабизе.

Разилъиялъул рохалилаб асар гвангъана гьесул гьурмада.

- Дие бокьула мун гьимулеб къагӀида, мун киданиги цее гьедин гьимулароан.

ГIемерал къоял иналде гьезул рукъ цӀуна нуралъ, ракӀазда бижараб Аварагасул ﷺ суннаталъул нуралъул. Гьанже Марямица жиндирго хъизамалъухъ балагьун пикру гьабуна: «Дица гьел хисизаричӀо. Дица гӀицӀго дунго хисизаюна. Гьелги хадур гъуна», - ян.

Суннат гуро как байги кӀал кквейги. Гьеб буго гӀумру гьабиялъул къагӀида. Гьеб ккола рокьи, хӀеренлъи, сабру, гьими, хъулухъ гьаби. Авараг ﷺ гӀаламазе рахӀматлъун вуго. ЧӀужугӀаданги жиндирго агьлуялъе рахӀматлъун йикӀине бегьула. Дур ва дуда сверухъ ругезул гIумру лъикIаб рахъалде сверизабизе цо хIадисги гIола. Цо бацIцIадаб ният. Цо дугIа.

Гьаб хирияб рабигIул аввал моцI сабаблъун ккаги нилъ киналго лъикIаб рахъалде хисиялъе.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...