Аслияб гьумералде

Лъабго минуталъул къагIида

Лъабго минуталъул къагIида

Лъабго минуталъул къагIида

Щиб кколеб тIоцебесеб лъабго минутаялъул къагIида? Щай гьеб щияй эбелалдаги щивав инсудаги лъазе кколеб? Кин бигьаго, дагьаб заманалда жаниб лъимергун гьоркьоблъи лъикIлъизабилеб?

 

ХIаракат бахъизе ккола щибаб нухалъ лъимералда дандечIвай гьабулаго, хIатта ратIалъун дагьаб заман гурони ун батичIониги, камилаб рохел загьир гьабизе. БатIалъи гьечIо, нуж хIалтIудасайищ рокъоре тIад руссарал, тукадасайищ, яги лъимер бачине яслиялде, школаялде унищ данделъарал. Хадуб, лъабго минуталъ нуж гьез бицунелъухъ гIенеккун чIа. Гьоркьохъеб къагIидаялда, къоялъ ккараб жиндие кIвар бугебщинаб жо бицине лъимадуе гьеб заман гIола. Лъимералъул хабаралъухъ гIин бала гьоркьоб къотIизабичIого, рази-ракияб гьумергун, унго-унгояб гъирагун. 3-4 сон барал лъималаздацин бажарула хвел гьабулев ватIа вахъизе. «Дун свакан йиго», «дагьай хадусала гIенеккила», «дир заман гьечIо»,- ян абун лъимер тIаса ккезабулеб бугони, гьелда ккола эбел-инсуе жиндир щибго кIвар гьечIин, гьезие жиндир гIумру хIажат гьечIин. Гьедин тIа-тIала гьабуни, лъимералдаги нужедаги гьоркьоб пардав лъугьуна, заманалдасан гьениб маххул къед батула, цоцал ричIчIизе захIмалъула. ГIолилаб заман щведел гIемерал ишкалал дандги чIвала. Рокъоб жиндихъ гIин тIамулареб лъимералъ байбихьула гьединав чи чияразда гьоркьоса валагьизе. Гьедин ккола квешал гьудулзабазда гьоркьоре. Социалиял гьиназдаса лъай-хъвай гьабула мекъаб нухде жал цIалезулгун. Цинги кодаса борчIараб чIолохъжо кквезе хаполел улбулги хутIула. Рачелалдалъун гIадло гьабизе эменал рортула, амма гьелъ иш жегиги квешлъизабула.

ГIакъилав чияс букIинеселъул ургъел жакъаго гьабула. Щивасул кверщаликь буго ихтияр: дур вас яги яс талихIай, рокьиялъ сверун ккурайищ дуца гIезайизе йигей, ялъуни дудаса рикIкIадай, гIумруялдехун божи тIагIарай, ишкалалгун къеркьезе къуват гьечIейлъунищ? Эбелги эменги рукIине ккола лъимадул бищун лъикIал гьудулзабилъун. Лъимадул рекIелъ гьеб суал лъезе хIаракат бахъизе ккола гьитIинаб къоялдаса нахъе.

ДандчIвайдал, бай къвал лъимералда, бице кин нуж гьелъухъ чIалгIун рукIарал. Рокьи загьир гьабе. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIалхул гIарабиял рачIана Аварагасухъе ﷺ ва гьикъана: «Дуца лъималазда убачгийищ гьабулеб?». «У», - ян гьес жаваб кьедал, гьез абуна: «Нижеца гьабуларо», - ян. Гьеб мехалъ Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Дида щибха гьабизе кIолеб, Аллагьас нужер ракIал рахIмуялдаса махIрум гьарун ратани», - ян. Хирияв Аварагасул ﷺ лъималаздехун букIараб рокьиялъул бицине ккани, цоги макъала хъвазе ккола. Аслияб жо: эбел-инсуда бажаризе ккола лъималгун берцинаб рукIа-рахъин гьабизе. Гьездехун рокьи загьир гьаби суннатабги буго.

Лъимергун кIалъалаго хIаракат бахъе гьезул бадире яги гьурмахъ ралагьун гIенеккизе. Бицине бокьараб гьезул лъугIидал бегьула тарбия кьеялъул гъамас рагьизе. КIалъай киданиги байбихьуге гъалатIазул бициналдаса ва бадирчIваял гьарияздаса. Лъимадул лъикIал рахъазде канлъи рехе, рецце. Цинги тамахаб насихIат гьабе, ккараб гъалатI битIизабулеб къагIида малъе, аварагзабазул, асхIабзабазул мисалаздалъун битIараб къагIида баян гьабе. Киданиги абизе бегьуларо лъимералъ ургъел гьабулеб жо кIвар гьечIеб бугин. Нилъее телефон бекидал гьабулеб гIадаб асар щола гьитIичиеги торгIо кьвагьидал. Бищун кIудияб гъалатI буго лъимералъ бицараб сабаблъун гьелде рагъи. Гьедин гьабулеб бугони, хадусеб нухалъ лъугьараб жо лъимералъ хIаракат бахъула эбел-инсудаса бахчизе.

Цоги, лъимералда жиндир кIвар букIин бихьизабулеб жо буго, гьелъ бицун букIараб масъала 1-2 къоялдасан гьелда ракIалде щвезаби.

Щиб хIал рокъоб бугониги эбел-инсуца лъималазе бихьизабизе ккола жидер цо бутIа, гьелгун цадахъ рукIун гIодор чIезе, гьезул масъалабазде гIенеккизе. Лъимал хехго кIудиял гIола. РегIел батарал цо цо къоял цадахъ тIамиялъ хIасил гьабуларо, унго-унголъун гьезухъги гIенеккун гьабураб ракI-ракIалъулаб гIинтIамиялда данде ккуни. ГIисиназе гуреб гьеб чIахIиязеги хIажалъула.

Лъимералъ ретIунелъулги кваналелъулги ургъел гьабиялдасаги, гьелъул тарбиялъул ва рухIанияб сахлъиялъул ургъел цIикIкIун гьабизе ккола. ГIураб къоялъ лъимералда ракIалдецин щвезе гьечIо жакъа дуца гьелъие босараб багьаяб гурдеги гьабураб тIагIамаб квенги. Амма ракIалда букIине буго кинаб рукIа-рахъин дуца гьелдехун гьабураб, абураб берцинаб рагIи, бараб къвал, тамахаб насихIат. Яги хъачIаб жаваб, борхараб гьаракь, букIинчIеб кIвар.

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


БакI теларо

Нилъер гIумруялъулъ рукIуна гIадатияллъун рихьулел, амма Аллагьасда цебе кIудияб кIвар бугел жал. Гьединал, кIочон тарал суннатазул цояб ккола как балеб мехалда мухъал ритIизари. ГIемерисез гьеб кIвар кьечIого тола, гьеб битIахъего нилъер какил даражаялда ва гIадамазда гьоркьоб бугеб цолъиялда...