Аслияб гьумералде

ГIансалъун ккве

ГIансалъун ккве

ДугIа буго муъминчиясул ярагъ. РакI-ракIалъ гьарун дугIа гьабулелъул лагъ вукIуна Аллагьасде ﷻ гIагарлъаравлъун, гьесул рахIмат щвеялде цIикIкIун хьул бугевлъун.

 

Гьеб хIалалъ гьаридал Аллагьасги ﷻ жаваб гьабула ва жаваб гьабичIого чIового гьев нахъчIвазе БетIергьанасги ﷻ къабул гьабуларо. «Жинда гьарун лагъас кверал рорхидал гьел чIорого нахъруссинаризе Аллагь нечола», - ян буго хIадисалдаги. (АхIмад)

«Нужеца Диде ахIи бай, Дица жаваб гьабила…», - абун буго хирияб Къуръаналда (суратул «Гъафир»). Гьадин абулев БетIергьанги ﷻ вукIаго Гьесда гьарунгутIи ахIмакъасул хасият букIина. Жеги, гьеб дугIа гурони цоги гIамал гьечIо хIукму хисизабизе кIолеблъунги. Аварагас ﷺ абун буго: «Гьабураб мунагь сабаблъун чиясдаса ине рес буго кинаб бугониги ризкъи, нигIмат. ТIадегIанас букIине бугин къадар гьабураб чIезабизе кIолеб цонигияб гьечIо дугIа гурони. ГIумру халат (баракатаб, рохалилаб) гьабизе кIолеблъунги цонигияб гьечIо (чиясул рахъалдаса БетIергьанасдехун бугеб) шукру гьаби гурони», - ян (ибну Мажагь).

ДугIабиги руго батIи-батIиял сабабазе хIалтIизарулел. Гьединаздаса ккола пашманлъигун къварилъаби гIадал захIмалъаби тIаса рорхиялъе бугеб.

Аварагас абунин ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицана: «Цониги бусурбанчиясде щвечIо ургъел, пашманлъи рекIел рахIат хвезабулеб ва гьес: «Я Аллагь ﷻ, дун вуго Дур гIабд, Дур гIабдазулги вас, дир гIумру Дур кодоб буго, дилъ билълъунеб буго Дур хIукму-къадарги, Дуе ругел Дуца Дурго напсалда тарал Дурго тIахьазулъ рещтIарал Дурго халкъалъул цонигиязда малъарал яги балъгоял гIаламазул Дуца Дуего тIаса рищарал цIараздалъун дица гьарулеб буго Хирияб Къуръан Дуца дие рекIел гьалмагълъун, ургъел-пашманлъи рекIел рахIат хвезабулеб, инабулеблъун гьабе», - ян абуралдалъун гьарун, гьесул гьеб хIал тIаса ун гурого ва гьеб хисун тIаде рохел бачIун гурого», - ян.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе, кинал хIалазде кканиги Гьев ﷻ разилъулел гIамалазда чIезе тавпикъги гьабеги! Амин!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...