Аслияб гьумералде

КъвакIараб хIубилъун йикIана

КъвакIараб хIубилъун йикIана

КъвакIараб хIубилъун йикIана

ФатIимат – Аварагасе ﷺ бищун йокьулей йикIарай яс, Хадижатица гьаюрай.

 

ФатIимат ккола исламалъул бищун гвангъарал руччабазул цояй. Гьей йикIана гурхIел-рахIмуялъул, щулалъиялъул, мутIигIлъиялъул, ритIухълъиялъул ва божизе бегьиялъул мисаллъун. ФатIимат йикIана гIибадат гьабиялъулъ хIаракат бугей, балагьазде сабру гьабулей, Аллагьасул Расуласул тIадегIанлъи жинда бичIчIулей ва лъалей гIадан. Гьелъ Аварагасдаса ﷺ росарал гIаламатал гIемерал рукIиналъ, ГIаишатица абун буго: «Дида цониги чи вихьичIо Аварагасда ﷺ релълъарав, ай рагъа-рашариялъулъ, ругьунал иш-пишабазулъ, гIамал-хасияталъулъ ФатIимат гIадин», - ян. (Тирмизи)

ФатIимат йикIана инсуе ва росасе къвакIараб хIубилъун. Бусурбабазул рагъулал сапаразда, санитарка хIисабалда йикIана, ва диниял суалазда бан гьарулел бахIсазулъ гIахьаллъиги гьабулаан.

Гьей такрарлъи гьечIеб берцинлъиялъул, гьайбатай, тамахай ва жиндир загIиплъиялъ ракI гурхIизабулей гIадан йикIана. Гьелъ кидаго ритIухълъи цIунулаан, киданиги гьереси бицунароан.

 Аварагасе ﷺ ФатIимат кигIан цIакъ йокьулей йикIараяли бихьула гьей ячIанщинахъе Расулуллагь тIаде вахъунев вукIиналдаса ва ясалъул надалда убач гьабулеб букIиналдаса. Аварагас ﷺ абуна: «ФатIимат ккола дир чорхол кесек. Гьелъул ракI бакъвазаби, дир ракI бакъвазаби буго», - ян.

Гьей йикIана инсуе мутIигIай ва хIалае яхъине кидаго хIадурайлъун.

 Цо нухалъ Авараг ﷺ суждаялда вукIаго, кинавалиго мажусияс хIайваналъул ургьимес рехула гьесул мугъалде. АскIоеги екерун ФатIиматица гьеб нахъе босула. Ясалъул бадиб магIу бихьидал, ХIабибуллагьас гьелда абула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бергьенлъи нилъее кьезе бугин абун.

Аллагьасул ﷻ амруялда рекъон, ФатIимат кьуна Аварагасул ﷺ вацгIал ГIалие. Мискинаб рукIа-рахъиналъухъ балагьичIого, ГIалилги ФатIиматилги талихIаб хъизан букIана.

Сабурлъи, нечей – гьел рукIана ФатIимат гIемераздаса ятIа яхъулей гIаламатал. Цо нухалда Аварагас ﷺ гьикъун буго ясалда чIужугIаданалъе бищун лъикIаб жо щибин абун. ФатIиматица абун буго бищунго лъикIаб бугин гIадамазда жий йихьунгутIи ва жинда гьел рихьунгутIи. ГIемер разилъиялъ Аварагас ﷺ ясалда къвал бан буго ва абун буго, гIагарал рухIал, наслаби цоцазда релълъарал рукIунел ругин абун.

 

Барият МухIаммадова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...